ГIасруялъул тарих бугеб библиотека къазехъин буго

Дагъистаналъул хIукуматалъул хIукмуялда рекъон къазехъин бугин Пушкинил цIаралда бугеб МахIачхъалялъул гIолилазул библиотекаян абураб информация бачIана гьал къоязда къватIибе. Гьеб ккола жиб рагьаралдаса исана 115 сон балеб библиотека.

Гьелъул хIалтIухъаби цIакъ ракIхун руго адабияталъул сонлъун лъазабураб 2015 соналъ гьединаб бечедаб ирсалъул библиотека къазе хIукму гьабурал нухмалъиялда. Амма культураялъул министерлъиялъ абулеб буго тIубанго библиотека къазе гьечIин, гIицIго гьелъул администрациялъул хIалтIухъабазул къадар дагь гьабизе бугилан.

Пушкинил цIаралда бугеб республикаялъулаб библиотека Дагъистаналда рагьун буго 1900-абилеб соналъ. Рагъул заманалдацин гьоркьоб къотIизе течIин гьелъ хIалтIийилан бицана гьелъул нухмалъулев хисулес.

«Эркенлъи» радиоялъе хас гьабун жиндирго комментарий кьезе разилъичIо гьев, тIоцебе бугониги тIубанго хIукму рагIалде бахъине жеги кIиго анкь бугин, кIиабизе бугони нухмалъиялъул рахъалдаса кIвекIенал рокьун гьечIиланги мукIурлъана.

Жибго библиотека къазеян абураб хIукму кинаб букIарабали баян гьабулаго абуна кризисалъул заманалда бюджеталъул оптимизация гьабиялъул мурадалда цо-цо пачалихъиял идарабазул къадар дагь гьабизе хIисабалде босун бугин республикаялъул хIукуматалъ. Маданияталъул идарабазда гьоркьоб гьелда гъорлъе ккун бугин жидер библиотекаги.

1997 соналъ Дагъистаналъул республикаялъул миллияб библиотека рагьизегIан аслияб библиотекалъун букIананин жидер идара. Гьелдаса хадуб Пушкинил цIаралда бугеб гIолилазул бибилотека абураб цIар кьунин гьелъие.

Амма кин батаниги 115 сон нахъа тараб библиотека къазеян гьабураб хIукму рази гьечIого руго гьелъул хIалтIухъаби. Бищунго ракIрелъулеб жо бугин гьениб, тIубараб Россиялдаго исана адабияталъул сонлъун лъазабураб мехалъ гьединаб кIудияб даражаялъул библиотека къазе хIукму гьабиян бицана нижер программаялъе гьеб библиотекаялъул гIагараб ракь лъазабиялъул отделалъул хIалтIухъан Меседоца.

Меседо: "Библиотекаялъул хIалтIухъан «Нижер гьанире гIемерал цIалдохъаби рачIуна батIи-батIияб миллаталъул. РачIуна студенталги, школлъималги. 100 000 ялдасаги цIикIкIараб тIехь буго нижер гьаниб. Щай гьединаб библиотека къазе хIукму гьабураб республикаялъул нухмалъиялъилан абураб суал ГIабдулатIиповасе кьезе бокьун буго. Гьев президентлъун вачIараб мехалъ рохун рукIана ниж литератураги бичIчIулев, гIакълуги бугев, иман бугев нухмалъулев вачIанилан.

Жакъа интернеталъги, мобилиял телефоназги гуккун гIолеб гIел тIахьаздехун руссинаризе захIмат буго. Амма кигIан тIаде ракI цIалеб жо гьеб интернет батаниги гьелъ кидаго хисизе гьечIо тIехьалъ кьолеб татуги, гьуинлъиги. ТIехь гьеб ккола къиматаб хазина. Библиотекаги къани кинан гIолеб гIел маданиятги, аддабиятги бокьулеллъун куцазе ругел?".

Библиотекалъе кьучI лъурав Георгий Мустанов

Гьединабго пикру буго цогидал хIалтIухъабазулги. КIиго анкьидасан лъазе бугин чIванкъотIараб хIасилилан абунин жидеда, амма министралъул гьединаб буюрухъ бугилан бицунеб бугин гьанжеялдего. Амма Дагъистаналъул культураялъул министр хисулей Гьарунова Еленаца «Эркенлъиялъе» абуна библиотека тIубанго къазе бугилан абураб хабар гьереси бугин.

Елена Гьарунова: «Библиотека къазе гьечIо. Гьеб хIукмуялъул магIна буго гьеб библиотекаялъул реорганизация гьабизе бугилан, гьебги хурхараб буго гIицIго административиябгун магIишаталъул бутIаялъул хIалтIухъабазда. ЦIалдолел цере рукIараб къагIидаялъ къабул гьаризе руго гьебго М. ХIажиевасул къотIноб бугеб библиоткаялъул минаялъур. Амма гьезухъ гIолилазул библиоткаялъул гуреб, рукIине руго Миллияб библиотекаялъул цIалдолесул белтал.

Къокъ гьабун абуни гIолилазул библиотека букIине буго Миллияб библиотекаялъул бутIалъун. Гьеб киналъулго лъикIаб рахълъун букIине буго гIолилазул бибилотекаялъул хIалтIухъабазул харж цIикIкIинабизе рес щвей. Административияб бутIаялъе унеб букIараб гIарцуда тIасан гIадатиял хIалтIухъабазул харж цIикIкIине буго ва гьезул къадарги дагьлъизе гьечIо».

МоцIалъ цее гIадин культураялул министерги ячIун йикIанин жидехъеян бицана гIолилазул библиотекаялъул нухмалъулев хисулей. Нужеца гьабулеб хIалтIуда хадуб хал кколин жиндица, ракIги рекъолилан рецц-бакъги гьабун букIанин гьелъ. Хадуб гьаб хабарги бакканин жал къазе бегьулилан абураб.

Бюджаталъухь гIарац тIокI гьабизелъун хIалтIухъабазул къадарги дагь гьабулеб батани маданиялзул идарадиг кзе къваригIун ратани 50 гьединаб идараб бугин республикаялда. Жалго кьультураялъул министерлъиялъул хIалтIухъабазул 25 азарго гъурщидаса дагьаб харж бугев чи гьечIин, пакъирал жидер хIалтIухъабазе моцIалъе шолеб жо бугин 7-8 азарго гъурущ.