Пакистаналъул диваналъ лъазабуна, 2012 соналда гIолохъаназул цеехъан Малала Юсуфзай чIвазе къасд гьабурав анцIгояв гIумруялъго жаниве тIамизе вугин абун.
Гьел ккола ТIалибан багъа-бачариялъул гIахьалчагIи.
17 сон барай Малала Юсуфзай 2014 соналда мустахIикълъана Нобелил ракълилаб премиялъе. Гьелъ кIудияб хIаракат бахъулаан ясазе лъай кьеялъул ва цигидал ихтиярал цIунизе.
Гьелда гьужум гьабун хадусала гьей захIматго лъукъун, КIудияб Британиялъул азарханаялде егизаюн йикIана.