Гьиндонезиялда диваналъ наркотикал ричулел 8-яв чIвазе къотIи гьабуна

Гьиндонезиялъул диваналъъул къотIиялдалъун гьенив речIчIун чIван вуго наркотикал ричулев микьго чи. Гьезул ункъгояв кколаан Нигериялъул гражданал, кIигояв – Австралиялъул гражданал, цо бразилияв ва цогидав – гьиндонезияв. Австралиялъул ва Бразилиялъул тIадтараз жидерго разилъи гьечIолъи ва ццим бахъин бихьизабуна гьелда бан. Австралиялъ гьениса нахъ вуссинавуна жиндирго илчи.