Казахаз вищулев вуго президент

ГьатIан къоялда Казахстаналда тIоритIулел руго иргадулал гурел президентасул рищиял. Президентасул иргадулал рищиял тIоритIизе кколел рукIана 2017 соналда парламенталъул рищиязда цадахъ. Амма Казахстаналъул халкъазул ассамблеялъ «президент Нурсултан Назарбаевасе тIолабго миллаталъул божилъиялъул цIияб мандат кьеялъул мурадалда» рищиязул болжал бахъана 2015 соналде.

Прогнозазда рекъон, бергьунев вуго 74 сон барав Назарбаев. Улкаялъул нухмалъиялда гьев хIакъикъаталдаги вуго 1989 соналдаса. Гьеб соналда гьев вахъана Казахстаналъул Компартиялъул Централияб Комитеталъул тIоцевесев секретарлъун.

Гьанжесел рищиязда Назарбаевасул конкуренталлъун рикIкIуна коммунист Тургун Сыздыков ва Профсоюзазул федерациялъул лидер Абельгази Кусаинов.