В. Вейрон: «Дагъистаналъул КВН хутIун буго 1990 абилел соназдаго»

19 апрелалда Россиялъул телевидениялдасан цебе бахъараб КВНалъул 5 командаялда гьоркьоб букIана Дагъистаналъул тIаса бищараб командаги. Амма нахъисеб къоялъго дагъистанияз фейсбукалдасан байбихьана гьел какизе – лъугьинчIел махсарабиги рукIанин, дагъистаниялги лъавукъго рихьизарунин.

Гьелда бан ЭР-ялъе гьадинаб пикру загьир гьабуна Дагъистаналъул КВНалъул командаялъул гIахьалчи Юсуп ГIумаровас.

Юсуп ГIумаров: «Редактораз лъабго нухалъ хал гьабула нижеца хIадурараб сценаялъул ва гIемерисеб бутIа гьелъул ялъуни къотIула, ялъуни тIубанго нахъчIвала. Александр Васильевичас гьелда хурхун хIалтIи цIакъ кьваризабеян лъазабун бугин жидедаян абулаха гьез жидедасаго гIайиб бацIцIине гIадин. Цере гьенир лъикIал редакторал рукIана, гьел ругеб мехалъ КВН-ги интересаб букIана. Гьанже руго гIолохъанал редакторал, дида кколеб буго гьезда нижеца махсародул магIна рагIа-ракьанде щун бичIчIулеб гьечIилан, жидедаго лъикIалан лъалареб жо гьез нахъе къотIула, гьелъул хутIараб жо Масляковасдаги бихьула. Нагагь гьездаги лъазабичIого нижеца щибниги бихьизабун гьеб тIоцебе бугони, телевизоралдаса бихьизабуларо, кIиабизе Масляковасги биччаларо. Гьаб щайин нужеца гьоркьоса рехичIеб, гьаб махсародул магIна щибанги абун къотIизе тIамула. Гьедин къотI-къотIун, редактораз изну кьураб жо хутIулаха нижее КВН-алда бихьизабизе».

Юсуп ГIумаров КВН хIалев вукIинги гуревги, батI-батIиял рекламабазда вихьизавулев вукIиналъги, республикаялда гIезегIан лъикI лъала. ГIемерисез рикIкIуна гьев бищун кополав вугин командаялда. Масаал, гъоркьанкьида букIараб КВН-алда гьесул аслияб роль букIана Дагъистаналдаса вехьасул. «Свинарка и пастух» абун советияб заманалдаго бахъараб фильм ракIалде щвезабулеб ургъараб номер бугоан гьеб. Дагьабниги мадараб церерахъин гьеб букIанин абулеб рагIула Дагъистаналда цо-цояз.

Юсуп ГIумаров: «Дир хIисабалда, гьенир жеги рукIана кепал сценкаби, амма гьез гьел нахъе къотIана ТIадегIанаб Лигаялъе дандекколарилан, Премьер-Лигаялъе жеги тезе бегьулааниланги абун. Лъалароха, залалъув гIодов чIарав зритель дун вукIарани, дун ракI-ракIалъ велъилаанха дидаго тIад. Саламалъулаб церерахъиналда дир кIиго цевевахъин букIана, амма гьезул кIигояб Масляковас нахъе къотIана. ТIоцебеселда дир кIалъай халатаб букIана, гьебги къокъ гьабуна гьез. ГIемер кепал жал рукIана гьенир, гьез киналго риччачIо. Гьезул цо жидерго хасаб бербалагьи, бичIчIизе захIматаб КВНалъулаб политика буго гьезул».

Юсуп ГIумаров батIи-батIияб заманалда батIи-батIияб командаялда цадахъ хIана. Масала, 1990 абилел соназда Россиялъул КВНалда бищунго чIел босарал «Махачкалинские бродяги» командаялда цадахъ. Гьанже гIемерисез киналго КВН-лъулал гьеб командаялъул роцадаги лъун рорцуна.

Гьединго цере КВНалда хIалел рукIарал цо-цо дагъистаниял ЭР-ялъе бицана битIараб бугила Юсупица бицунеб, гьедин цереккун жидехъ хал гьабизе рачIунел хасал чагIаз тIаса къотIун-къотIун ралила жидеца ургъарал махсараби. Метер-къаси церерахъине кколел жидее рес букIунароанила гьел цIидасан ургъизе. Гьединлъидал жидехъа ричун росейин шартI лъолила гьез. ГIарац бугез, гьединги гьабулила.

Цее КВНалда хIалей йикIарай Виктория Вейроница абулеб буго жинда бичIчIулила Кавказалъул гаргаралъул хаслъи бихьизаби лъикIаблъун рикIкIунеблъи. Амма кидаса-кидего цого махсараби, гьелги цIакъго мукъсанал, щибниги магIна гьечIел щибила рукIунел. Гьелдаса инкар гьабизе кколила.

Виктория Вейрон: «Дида ккола гьел, дагъистаниязул, стереотипаздаса инкар гьабизе кколин. Гьагъаб гIантаб, мукъсанаб юмор тезе заман щвана. Щай нилъ кидаго цо гIакълу дагьал чагIазда дандекквезе кколел? Нилъ релълъинарула хIамуздаги, чахъабаздаги. Гьелъие гIоло дица дирго фамилиягицин хисана. Дун Москваялда хIалтIулей йиго ахираб заманалда. Гьурмалъан дун гIурусалда релълъарай йиго. Гьединлъидал кие щваниги, доз дун лъикI къабул гьаюла. Амма фамилия бихьидал, багьанабиги ратун, инкар гьабула дунгун хIалтIизе. ПалхIасил, нилъеца батIияб куцалъ рихьизаризе ккола нилъго. Амма гьабсагIатин абуни, Дагъистаналъ жибго лъикIаб рахъалъ бихьизабулеб гьечIоха. Дида бичIчIуларо, гьебищ бищунго кайф щвезабулеб жо?! Щай цохIо хIокIалъгIаги эхедехун гьункьизе бегьуларел? ХIисаб гьабе, эрмениязухъги гуржиязухъги. Гьелги ккола нилъго гIадал кавказиял. Амма некIогоялдаса нахъе гьечIо гьезул церерахъиназулъ гIодобегIанаб даражаялъул махсаро. Нилъеразул гурони хутIун гьечIо гьеб. Гьунар бугел чагIи лъугIиялъгIаги батилин гьеб гьединилан тола дица».

Вероника Вейроница абуна жинда кколила нилъ гъол 1990 соназдаго хутIун ругилан. Заман щун буго цогиги даражаялде рахине.