Пачалихъияб Думаялъ тасдикъ гьабуна амнистиялъул хIукму

Рузман къоялда Пачалихъияб Думаялъ амнистия лъазабуна КIудияб ВатIанияб рагъда бергьенлъи щун 70 сон тIубаялда бан.

Официалияб къиматалда рекъон, гьеб хъвазе бегьула 260 азаргоялдаса 400 азаргоялде щун чиясда.

Инсанасул ихтиярал цIунулез рикIкIунеб буго хIакъикъаталдаги амнистия гьабуразул къадар чанго нухалъ дагь букIине бегьулин.

Рузман къоялъул данделъиялда депутатаз нахъ чIвана «Болотная ишалъул» туснахъазда хурхун гьеб амнистия хIалтIизабиялъул «Справедливая Россия» партиялъул депутат Геннадий Гудковасул цебелъей.