СШАялъ хIалтIизаричIо "армяназул геноцид" абурал рагIаби

Цолъарал Штатазул пачалихъияб департаменталъ квешаб къимат кьуна ГIусманияб Имериялъ 20 гIасруялда цо миллионгун щунусазаргогIанав армянав чIваялъе, гьеб хIужжаялъе 100 сон тIубаялда хурхун талат къоялда тIоритIарал тадбиразда. Амма гьелъул вакильзабаз хIалтIизабичIо «армяназул геноцид» абурал рагIаби.