Еврокомиссиялъ антимонополияб къанун хвезабиялъул гIайиб гIунтIизабуна «Газпромалде»

Антимонополияб къанун хвезабулеб букIиналъул официалияб къагIидаялда гIайиб гIунтIизабуна Россиялъул «Газпром» компаниялде Еврокомиссиялъ арбагI къоялда.

Гьелъул хIакъалъулъ Брюсселалда лъазабуна Еврокомиссиялъул конкуренциялъул суалазул рахъалдаса вакил Маргрет Вестагерица.

Гьелъул рагIабазда, жиндирго монополиял ресал хIалтIизарун «Газпромалъ» гIорхъабаздаса рорчIараб къагIидаби хIалтIизарулел руго Евроцолъиялъул микьго улкаялда хурхун. Бицен гьабулеб рагIула Эстониялъул, Венгриялъул, Болгариялъул, Чехиялъул, Латвиялъул, Литваялъул, Польшаялъул ва Словакиялъул.

Претензияби гьединго хурхарал рагIула газалъул багьаялдаги.

«Газпромалъул» 12 анкь буго Еврокомиссиялъул претензиязде реакция загьир гьабиялъе. Гьел, хасго Европаялъул базаралда аслияб бакI кквезе хIаракат бахъулеб бугин «Газпромалъин» абурал, Еврокомиссиялъул претензияби жидеда гъоркь кьучI гьечIел ругин рикIкIунеб буго Россиялъул компаниялъ. Гьелъул лъазабиялда абулеб буго, «Газпромалъ» щвалде щун тIуразарулел ругин халкъазда гьоркьосел къануназул нормабиян.

Компаниялъул официалияв вакил Сергей Куприяновас лъазабуна, жидеца Еврокомиссиялъул хIукмуялда хурхун гIарза кьезе бугин чIезабураб къагIидаялдайин.