700 мигрант тIад вукIараб гама лъеде гъоркье ана Ливиялда

Улкаялдаса гочинехъин рукIун руго гьел гIадамал. Ракьазда гьоркьоб бугеб ралъадалдаса Ливиялдаса мигрантал къокъун руго Европаялде, амма Ливиялъул ракь тун цодагьалъ рикIкIад бахараб гама лъеда гъоркь ана.

Мальтаялъул ва Италиялъул хвасарчагIи гIахьаллъулел руго операциялда. Гьезда 28 чIагояв чи ватана, 24 жаназаги батана. ХутIарал чагIи жеги ратун гьечIо. Гьел киналго хун ратизе бегьулин, хъвалеб буго информалатаз.

Гьеб гамаялда рукIарал мигрантал гъанкъун ратани, гьеб букIине буго ахираб заманалда ккараб кIудияб катастрофалъунилан, рикIкIунеб буго экспертаз. Гьаб сон байбихьаралдаса хадуб гамаялда рекIун гочине къачIарав 1500 ливиялъулав гъанкъана.

Гьаб анкьалда информалатаз лъазабулеб букIана Ливиялдаса Италиялде унеб кIиго гама гъанкъанин ралъдалъ. 16 апрелалда хвана 41 чи, 14 апрелалда 400 чи хвана.

«Лента.ру» сайталъул баяназда рекъон, араб соналда Африкагун ГIагараб Машрикъалдаса Италиялде гочун рагIула 170 азарго чи. Гочунел чагIазул масъалабазул хал-шал гьабулеб ОННалъул идараялъул информациялда рекъон, Европаялде гочунаго ралъдалъ араб соналда 3500 чи гъанкъана.