Экспертасул пикруялда автомобилал риччалеб комплексалъул букIинесеб буго, щай гурелъул жакъаго гьезда хадур иргалда чIарал гIадамал рукIиналъ.
13 апрелалъ Дагъистаналъул тIалъиялълда хIукуматалъулал гарантиял кьеялъул комиссиялъул данделъиялда «Авиаагрегат» заводалъе ва «Государственная нефтегазовая компания Республики Дагестан» абураб гIуцIиялъе гьезул экономикиял проектал гIумруялде рахъинаризе гIарац кьезе букIиналъул бицана. Гьедин, Авиаагрегаталъе автомобилал риччалеб комплекс гIуцIиялъул проект гIумруялде бахъинабизе биччазе бугила 500 млн. гъурущ. Гьеб проекталда рекъон заводалъ риччазе ругила къайи тIад лъолел тайпаялъул автомобилал, цо тоннаяде щун бакIлъи жидеца баччулел. Гьединго раккизе ругила 1000 чиясе цIиял хIалтIул бакIал.
Заводалъе хIукуматалъул гарантиял, ай республикаялъул бюджеталдаса кинаб бугониги проект гIумруялде бахъинаизе биччалеб гIарац кьей кколила гьеб гIуцIиялъе кьолеб рес, цогидаб нух батун гьеб хвасар гьабизейин баян гьабулеб буго гIелмабазул академиялъул социалиябгун экономикияб политикаялъул Институталъул хIалтIухъан АхIмадуев ГIабасица.
Масала, Авиаагрегаталъе гьеб гарантиялда рекъон гIарац биччазе бихьизабун букIанила 2014 соналъго, батIи-батIиял гIиллабаздалъун нахъбахъанила гьеб. Цоги шартI кколила республикаялъул бюджеталъул сурсатал рукIин. Жакъа Дагъистаналъул гарантиял кьолел фондалъул сурсатал мукъсанал ругила.Цо лъагIалида жаниб, республикаялъул бюджеталдаса бихьизабураб гарантия биччан хадуб, гIуцIиялъ гьеб тIубан хIалтIизе биччачIони, гьеб къотIизабулилан тIаде жубана экономистас.
«Авиаагрегат» заводалда автомобилал риччалеб комплексалъул проект гIумруялде бахъинабиялдаса экономикияб хайир букIин мухIканаб бугин, амма гьеб 500 млн. гъурущ автомобилал ракIарулеб комплекс базе гIоларин баян гьабуна экономист Андрей Меламедовас.
Андрей Меламедов: «Заводалъ хIалбихьиялъе Китаялдаса гьел къайи баччулел автомобилазул цо партия босун букIана, гьел хIажатал ругищ Дагъистаналдаяли хал гьабизе. Автомобилал киналго ричун ана, гьелда тIадеги жеги иргаялда чIунцин рукIана гIадамал. Аслияб куцалъ гьезул пайда буго жакъа Дагъистаналда ругел предприятиязе. Цогидаб суал ккола, гьеб гарантиялда рекъон биччалеб бугеб 500 млн. гъурущ гIицго автомобилал ракIариялъуд цо этапалда гурого гIунгутIи. Проекталда рекъон, заводалда ракIалда букIана автомобил бакIаризе хIажатал тIагIалабазул 70 проценталде щун гьенирго риччазе, амма Внешэкономбанкалдаса араб соналъго гарантиялда рекъон биччазе кколеб букIараб гIарац щвечIолъиялъ, гьеб проект тIубан гIумруялде бахъинаби дагьабго халалъизе буго».
Экономистас баян гьабуна гьал къояз жив «Авиаагрегат» гIуцIиялъул нухмалъулев хисулевгун дандчIванин, гьесул рагIабазда рекъон, киналгIаги документал хIадур ругила. Гьаб нухалъ заводалъе гарантиялда рекъон гIарац биччазе бугила Россельхозбанкалъ.
Проекталъул цебебоси гьабулаго, гьеб гIумруялде бахъинабизе 460 млн. доллар хIажалъун лъазабулеб букIанила проекталъул автораз, гьеб гIарацги Внешэкономбанкалдаса биччазе кколеб букIанилан баян гьабуна Меламедовас., амма гьеб иш халатбахъанила батIи-батIиял гIиллабаздалъун. ГьабсагIат Дагъистаналъул тIалъиялъ хIукму гьабун бугила гьеб проект бутIа-бутIаккун гIумруялде бахъинабизе.