Политэмигрантал Россиялда кIочонел гьечIо

Журналистазул ва политологазул цояз пикруялда, нилъ жакъаги цIидаса руго политэмиграциялъул цIияб «карачелалъул» нугIзаби. Щай аслияб къагIидаялда оппозициял политиказ, инсанасул ихтиярал цIунулез ва коррупциялде данде къеркьолез тезе кколеб бугеб улка?

Цебесеб рузман къоялда Москваялъул Кунцевоялъул диваналъ, живго фигурант вукIинчIониги, арест лъазабуна Украиналде лъутIун чIарав оппозицияв хIаракатчи Павел Шехтмание.

Гьебго анкьалда Финляндиялъ кьуна Магнитогорскалдаса лъутизе ккарав Андрей Романовасе политэмигрантасул статус.

Диваналъул данделъиялде жийцин ахIичIого гьелъ хIукму гьабунин Шехтманида хурхунин, процедура букIанин гIицIго формалияб галийин, лъазабуна гьесул адвокаталъ.

Шехтмание тIоцебе лъазабун букIана рукъалъулаб арест. Гьелъие багьаналъун букIун буго «Россиялъул телеканалазе комментариял гьаризе инкар гьабурал кверде росарал Украиналъул рагъулал чIвалел ругин» абураб информация интернеталда гьес бахъи.

Гьесде гIунтIизабун буго «рокьукълъи ва жахIда бижинабиялъул статьялъул гIайиб. Гьелда рекъон гьесие туснахъалъул щуго сон диваналъ бихьизабизе бегьиялъул перспектива бихьун, Шехтман лъутун вуго Украиналде. ГIорхъодаго гьес гьарун буго политэмигрантасул статус.

Гьанже гьес лъазабулеб рагIула, Россиялде жив режим хисун хадув гурони нахъе вуссунарин.

Чачаналъа политикияв эмигрант, Дудаевасул хIукуматалда бухьеналъул министрлъун вукIарав СагIид-Эми Ибрагьимовас абулеб живго вижараб бакI, жиндирго гIагарлъиги, гьалмагъзабиги ругеб бакI теялъул хIукму гьабизе бигьаяб жо кколарин. Амма гьединаб галиялде ине ккейго унго-унгояб балагь кколин бокьарав сахав чиясейин, жубалеб буго гьес. Ибрагьимовасда гьадин бихьулеб буго, гIадамал чияр улкабазде гочине ккеялъул багьанаби.

СагIид-Эми Ибрагьимов: "БитIараб бицани, Путинги гьесул сверухълъиги халкъалъул ургъел бугел чагIи хIакъикъаталдаги рукIарабани, гьезул ургъел ккезе кколеб букIана, гьедигIан гIемер гIадамаз жидерго талихъ чияр улкабазда балагьизе букIинчIо.

Дун бищунго тамашалъулеб жо ккола, гIадамал гуккиялъе Россиялъул телевидениялъул бугеб кIудияб махшел. Гьабулеб буго пачалихъалъе цIакъ хираго чIолеб пропаганда. ГIадамазул пикраби ва кIвар буссинабулеб буго бокьа-бокьараб жоялде, инсанасул ихтияраздаса, демократиялъул цогидал хазинабаздаса кIвар цогидаб рахъалде буссинабиялъул мурадалда. Гьелъие цIакъ кIудияб ва жигараб хIалтIи гьабулеб буго къасиги къадги.

Амма дида бихьухъе, дагьал гьечIо Россиялда гIадамал жидеда гьересиги, хIакъикъатги батIа бахъизе бажарулел. Гьединазде пропагандаялъул асар букIунаро. Гьезда лъикI бичIуна, сундуе халкъ гуккулеб бугебалиги. Дица бицен оппозициял политиказулги, журналистазулги, инсанасул ихтиярал цIунулезулги, жамгIиял хIаракатчагIазулги гуребги, гIадатиял гIадамазулги бицунеб буго. Руго гьединал гIадамал. Гьеле гьел киналго ругоха Россиялъул цебесеб тарихалдаго гIадин ватIан тун къватIире ине ккезарулел.

Россиялдаса нахъе унел руго бищунго ракI бацIадал, бищунго пайдаял ва махшел цIикIкIарал гIадамал. Гьединал гIадамал гурищ кколеб пачалихъалъул ва жиб-жиб республикаялъул генофонд. Гьезда гIайиб буго, хIакъикъат баянго бихьулеб букIиналъул ва битIахъе гьелъул хIакъалъулъ бицунеб букIиналъул. Гьединал гIадамаз Путиниеги гьесул сверухълъиялъеги квал-квал гьабулеб буго халкъалда тIад «авторитариял экспериментал» тIоритIизе ва тIолабго гIумруялъ тахида хутIизе.

Дида бихьухъе, Россиялдаса киналго гурел политикиял багьанабазе гIоло къватIире унел. Гьезда гъорлъ дагьал гьечIо экономикиябгун социалиял багьанабазе гIоло ватIан таралги. Гьезие гьечIо кинабгIаги хIинкъи, гьезда лъицаниги гIайибги гIунтIизабулеб гьечIо. Гьай-гьай, гьезда гъорлъ нилъеца рехселаро такъсиралги гьарун къватIир рахчун чIарал гIадамал. Амма политикиял эмигрантазул гIумруялъе жакъа унгоги, дида бичIухъе, къватIибги хIинкъи буго. Мисалалги руго, довго Литвиненкодаса байбихьун.

КъватIире гьел унел руго хIинкъи букIиналъ гуребги, улкаялъул гIумруялда аслияб бакI гьересиялъ кколеб букIин хIехьезе бажаруларого, къанунал, тIоцебесеб иргаялда жалго къанунал цIунизе кколез ва мисал бихьизабизе кколез хвезабулеб букIиналдаса свакаялъ. Жакъа улкаялъул талъиялда жанир такъсирчагIицин ратизе бегьула. Гьеб буго бищунго кIудияб балагь Россиялъул».

Финляндиялде лъутизе ккарав Андрей Романовасда хурхун такъсирияб иш рагьиялъе багьаналъун ккун буго, гьес «Россиялда протесталъул хIакъалъулъин» абураб макъалоялъул ва цогидал оппозициял материалазул перепост гьаби. Декабралъул байбихьуда гьев лъазавун вукIана федералиябги халкъаздагьоркьосебги валагьиязде. Амма гьеб заманалде Романов жиндирго хъизангун вукIана Финляндиялда.

«Независимая газеталъул» автораз хъвалеб буго, Россиялдаса лъутIизе ккарал жамгIиял ва цогидал хIаракатчагIазде гIунтIизабулеб бугин кьер-кьерабин абулеб революция хIадуриялъул гIайибин.

Добго Финляндиялдаги, Украиналдаги Россиялдаса лъутизе ккаразул тIубарал жамгIиятал лъугьунел руго гьанже. Украиналда Россиялъул политэмигрантазул лидер Ольга Курносовалъ абулеб буго, гьеб хIужжа ракIалъе гIолеб гьечIин Россиялъул талъиялъейин.

Гьелъулго рагIабазда, Россиялъул пачалихъиял информалаз гьанже тIиритIизарулел руго Пачалихъияб Думаялъул депутат Илья Пономарев ва жий гIадал цогидал гIадамаз къватIибги Россиялда кьер-кьераб революция хIадурулеб букIине бегьиялъул магIнаялъул батIи-батIиял макъалаби. Гьебин абуни, жиндир пикруялда, кколин Россиялъул талъиялъул превентивияб хIалтIиян, абулеб буго Курносовалъ.