Субботникал чIалгIине байбихьун руго махIачхъалаялъулазда

Субботникал чIалгIине байбихьун руго махIачхъалаялъулазда

​МахIачхъалаялда жанир хIалтIулел батIи-батIиял хъулухъчагIазул гIарз буго жал хIал гьабун субботникалде рахъинарулел ругилан.

Гьелъул хIакъалъулъ рагьараб кагъат хъван буго гьез тахшагьаралъул нухмалъиялъул цIаралда. Администрациялъул нухмалъиялъул рахъалъ абулеб буго гьеб жо гьереси бугилан, хIал гьабун щивниги чи вахъинавуларин хIалтIизейилан.

11 ва 25 апрелалда киналго шагьаралъул идарабазул хъулухъчагIи жидерго хIалтIуда сверухъ бакI бацIцIа-бакъад гьабизе рахъине кколилан абураб лъазабиялъул кагъат битIун бугин, заманаялъ МахIачхъалаялъул ишал тIуразарулев МухIамад Сулеймановасилан абураб баян кьуна информалатаз 10 апрелалда. Амма хъулухъчагIи цIакъ рази гьечIо гьелдаса. Гьадинги анцIго проценталъ моцIрол харжги дагь гьабунин жидее, гьелда гIечIого жеги гIодоркъоязги рахъинарулел ругин хIалтIизеян гIарз буго гьезул. Мисалалъе жиндир ругин сакъатал, хадур хъулухъ гьабизе кколел эбел-эменги, кIиго лъималги, гьелги рехунтун кинин жий субботникалде унейилан гIарз гьабулеб буго тахшагьаралда гIумру гьабун йигей цо гIаданалъ.

«Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицунеб буго МахIачхъалаялдаса ГIалиева ПатIиматица.

ГIалиева ПатIимат: «МоцIида жанир кIиго-лъабго нухалъги рахъинарула субботниказде, гьелъ цIакъ ццим бахъинабун буго халкъалъул. ГIодоркъояз гьаризе хIисабалде росарал чанги ишал рукIуна гIадамазул. Бугелъуб нилъерго хIалтIиги тун, субботниказде рахъинари гьеб кинаб жоха букIинеб, гьелъие тарал хасаб хъулухъалъул хIалтIухъаби руго гури, гьезие биччараб гIарацги буго. Гьадинги тIаса гIарацги къунцIун, харжги дагь гьабун руго гIадамал, жеги рацIцIа-ракъалъи гьабизеги рахъинарулел руго. Лъабго моцIида жаниб цо нухалъ гьабуниги гIолариш субботник»?

Гьединал гIадамалин абуни гIемер руго жегиги. Советияб заманалда лъагIалида жаниб цо нухалъ гьабулаанин субботник, гьеб букIанин байрам гIадаб жойилан хъвалеб буго «Фейсбук» сайталда цояс, гьанжейин абуни щибаб анкьалъ гIадин тIоритIулел ругин гьел субботникал, шагьаралъул рацIцIа-ракъалъиялъул хъулухъалъ гьаризе кколел хIалтIаби гьаризе ниж щайин рахъинарулел?

ХIакъикъаталда кинаб бугеб гIадамал субботникалде рахъинариялда жаниб низам, бегьулиш гьел щибаб анкьалъ шагьаралъул рацIцIа-ракъалъи гьабизе ахIизе абураб суал кьуна нижеца Дагъистаналъул киналго профсоюзалъул цолъиялъе.

Субботник бугин жиндего бокьун чи унеб бакI, хIал гьабун гьев гьениве лъицаниги витIуларилан абуна гьеб идараялъул нухмалъулев хисулев, ХIасанов Максимица. Амма щибаб анкьалъ МахIачхъалаялда хъулухъчагIи субботникалде рахъинарулел ругилан абураб жоялъул жидехъе лъицаниги гIарз гьабичIин, гьединлъидал чIванкъотIарал комментариял кьезе кIоларилан абулеб буго гьес.

ХIасанов Максим: «Нижеца киналго идарабазде, шагьаралъул админстрациялдеги ун мухIканго хал гьабила гьеб суалалъул. Гьедин гурони, уйин, мекъи бугин гьез гьабулеб жойилан абизе бегьуларо нижеца. Щайгурелъул шагьар хIакъикъаталдаги чорокго буго, гьениб рацIцIа-ракъалъи гьабизе гIадамазул кIудияб кумекги хIажат буго, гьеб рахъалъ тахшагьаралъул администрациялъ гьабулеб жо битIун буго. Цо-цо идарабазда гьез абухъе батани иш, гьелъулги нижеца цIех рех гьабичIого теларо».

ГIагараб заманалда гьарулел субботникал хурхарал ругин КIудияб бергьенлъиялъ 70 сон тIубаялде шагьар хIадуриялдаян бицана «Эркенлъи» радиоялъе, МахIачхъалаялъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей хисулей ГIалимирзаева Зайнабица. Тахшагьаралъул рацIа-ракъалъи гьабулеб хъулухъалъул кибего квер щолеб гьечIолъиялъ хIажат бугин гIадамазул кумек.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Гьединлъидал абун буго гIадамаздаги субботникалде рахъаян, амма хIал-зулмуялдалъун щивниги чи вахъинавулев гьечIо гьениве. ГIицIго нижерго администрациялъул хIалтIухъаби рахъине руго гьенире гIадан хутIичIого. МахIачхъалаялда гIумру гьабун вуго 800 000 чи, цIикIкIун ратизеги бегьула. Шагьаралъул рацIцIа-ракъалъи гьабулеб хъулухъалъул хIал гIолеб гьечIо кибего квер щвезабун, гьелъ лъазабун букIана щибаб моцIалъул ахирисеб гIодобкъо санитарияб къолъун. БакIккун букIаго абизин, цебе апрель моцIалде абулаан рацIцIа-ракъалъи гьабулеб моцIилан, гьелъул щибаб шамат къо лъазабулаан субботникалъул къолъун. Амма гIадамалги свакан рукIиналъ хIукму гьабуна моцIида жаниб кIиго нухалъ гьабизе гьединаб къо. Гьаб шагьаралда гIумру гьабулелги рукIун, кинабго жоялдаса пайда босулебги бугеб мехалъ, моцIида жанир цо-кIиго нухалъ субботникалде рахъайилан абураб жо гьедигIан мекъи бичIчIизе кколароха дир хIисабалда, лъаларо…»

Гьединабго лъазаби официалияб куцалъ Фейсбук сайталдасан тIибитIизабун буго МахIачхъалаялъул нухмалъиялъги.

МахIачхъалаялда гIемерал субботникал тIоритIизе байбихьана Сулейманов МухIамад заманаялъ мэрасул ишал тIуралевлъун тIамуралдаса.