"Дун божуларо Жовгьарица чи чIванин абураб жоялда"

Жовгьар Царнаевасул эбел-инсуца инкар гьабулеб буго прессагун дандчIвазе.

МахIачхъалаялда гIумру гьабун рукIарал Царнаевазул эбел-инсулгун бухьен гьабизе щолеб гьечIо журналистазе – свинабун буго телефонги, ратулел гьечIо рокъорги.

Амма гьел лъале-хъвалезги гIагарлъиялъги абулеб буго эбел-инсуе бокьун гьечIин лъилгунниги гара-чIвари гьабизе. ЭР-ялъе гьебго пикру загьир гьабун букIана Зубейдат Царнаевалъ Жовгьар Царнаевасе диван гьабизе байбихьараб къоялъго. Гьелъ абун букIана туснахъалъубеги гIицIго гьитIинаб Къуръан босейин гьаранин жидер васас.

2013 соналъул 10 июлалда ЭР-ялъе гьадин бицун букIана Зубейдат Царнаевалъ: «Дица кутакалда гьарула нужеда тIаса лъугьайин. Амма интервью кьезе кIоларо. Щайин абуни Жовгьарида цадахъ хIалтIулел адвокатаз цIакь кьварун лъазабуна нижеда прессаялъулгун киналгIаги гара-чIвариял гьаругеян. Щайгурелъул гьелъ гIадамазда гьоркьор рижизаризе бегьулелъул нижее къабулал гурел батIи-батIиял пикрабиги харбалги. Нижеца кьураб баян журналистаз дагьа-макъаб тIаса къотIизе, яги мекъи къватIибе кьезе рес буго. Гьелъин абуни нижее, дир васасе зарал гьабизе рес буго».

Царнаевазул хъизаналъул ихтиярал цIунулей Хеда Саратовалъ гьадинаб баян кьуна бицен гьабулеб хIужаялда тIасан.

Хеда Саратова: «Нижер кIудияб хьул букIана гьададигIан кIудияб, демократияб пачалихъ гьеб лъимада данде чIеларин абун. Амма гьеб хьул дагь-дагьккун лъугIулеб буго. Гьеб киналдаго хадуб хал ккун ругел эбел-инсуда ракI гурхIун буго. Дун божуларо 18 сон барав Жовгьарица чи чIванин абураб жоялда. Гьебго ишалда хурхун сурав босулаго полициялъул бутIаялда чIвана щибниги гIайиб букIинчIев Ибрагьим Тодашев. Полициялъулас живго жинцаго цIунизе кколев вукIанин багьанабиги рачун. Гьелщинал полициялъулазда кIоларогойищ букIараб гьесдаса цIуна-къай гьабизе? Жидецаго гьабулелъе батулеб буго гурищха дозда данде абизе жо? Амма дида ккола жибго Америкаялда дагьал ратиларин хас гьабун Жовгьар Царнаевасул ургъел бугел гIадамал. Гьединлъидал цойги нухалъ хьул гьабизе бачIунеб буго ритIухъаб хIукму къотIилин гьесиеян. Дун кIалъана эмен Анзор Царнаевгун. Щай нуж руцIцIун чIун ругел, щай нужеца дунялалда рагIун ахIи баларебин гьикъидал, гьес абуна доб пачалихъалда ругин жидер цогидал лъималги. Гьезие зарал ккеларедухъ руцIцIун чIезе хIукму кканин жиндирги лъадулги».

Гъизляралда гIумру гьабун вугев Царнаевазул нахъегIанаб гIагарлъиялъул чи ккола жамгIияв хIаракатчи ХIажиясул МухIамад. Жовгьар Царнаев Бостоналда теракт гьабиялъе гIайибиявлъун рикIкIиналда бан, гьадинаб пикру загьир гьабуна гьес ЭР-ялъе.

ХIажиясул МухIамад: «Цого цо дида абизе кIолеб жо буго эбел-инсуе кIудияб балагь бугин гьебилан. Гьанирги рукIун, нахъасан балагьун чIун гурони, васасе сундалъунниги кумекги гьабизе кIолеб гьечIони, щибин абилеб? Дида Жовгьар гьедин лъаларо. Гьаниве вачIараб мехалда гьев цIакъго гьитIинав жо вукIана. Тамерланил рахъалъанги щибха абилеб? Гьесул къисмат кинаб ккарабали киназдаго лъалелъул. Гьезул гIагарлъиялъул ракIхун буго ккарабщиналда хадуб. Дида гьел гIезегIан лъикI ричIчIула. Гьезие бокьун гьечIо рагьун жидерго пикру бицине, гьединго прессагун кIалъазе. Гьел свакан руго. Гьединлъидал гьез жидецаго инкар гьабулеб бугеб мехалда, дицаги щибинха тIокIаб бицинеб?»

Царнаевазул хIакъалъулъ Дагъистналда пикру цоккураб бугин абизе бегьула. ГIемерисез рикIкIунеб буго гьев кIиявго вац гIайибияв гьечIилан. Цо рахъалъ босани, Россиялда бецIизе къваригIун бугин Америкаялъе, цогидаб рахъалъ абуни, жидеца гьеб теракт тIубан тIатинабунин чIезабизе къваригIун батулила цIех-рех гьабуразе.

Бостоналда теракт гьабиялъе гIайибиявлъун рикIкIаниги, Жовгьар Царнаевасда хурхун жеги ахирисеб хIукму гьабун гьечIо диваналъ. Прокуратураялъ тIалаб гьабулеб буго гьев чIвазе къотIи. Адвокатаз гьарулеб буго гIумруялъго туснахъ гьавун теян.