ГIиракъалъул Тикрит шагьаралда батун буго 12 лахIту

Гьеб батараб бакI халатаб заманалда жаниб «Исламияб Пачалихъ» абулеб террористикияблъун рикIкIунеб багъа-бачариялъул къеркьохъаназул контролялда гъоркь букIун буго.

ЛахIтуялъур рукъун ратилин анцIгогIан моцIалъ цере рикъарал гIолохъанал аскариязул жаназаби, ян абулеб буго экспертаз. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго гьенир ратарал гъозул документаз.

БатIи-батIиял баяназда рекъон гьениб букIараб рагъулаб базаялдаса 1660 аскарияв викъун вукIун вуго.