КIудияб андронный коллайдер цIидаса хIалтIизе биччана гьатIан къоялда

КIудияб андронный коллайдер абураб гIелмияб эксперименталияб агрегат цIидаса хIалтIизе биччана гьатIан къоялда. ГIалимчагIаз абухъе, коллайдералъул кумекалдалъун перспективалда гьезда бажаризе буго баянлъизабизе бугищ яги гьечIищ «чIегIерабин» абулеб материя, абураб ва гIемер цогидал суалазе жавабал кьезе.

Франциялъулги Швейцариялъулги гIорхъада ракьда гъоркь бараб коллайдер тIоцебе хIалтIизе биччан букIана 2012 соналда. Электрикияб схемаялда загьирлъулел проблемабазе гIоло ва модернизация гьабиялъул мурадалда гьелъул хIалтIи чIезабун букIана 2013 соналъул февралалда.