Батун буго Альпазда бортараб авиалайнералъул кIиабилеб «чIегIераб яшикI»

Франциялъулд хвасарчагIазе батун буго гьал къозда Альпазда бортараб Germanwings компаниялъул авиалайнералъул кIиабилеб «чIегIераб яшикI».

Байбихьудаго батIараб цогидаб гьединабго аппараталъул кумекалдалъун баянлъана Airbus A320 к1иабилев пилот Андреас Лубицица ургъунго борт1изабун букIин.