Регионалда раккулел хIинкъиязде дандечIеялъул мурадалда гIаммаб рагъул къуватал гIуцIиялъул къагIидаби гьоркьор лъун руго гIарабазул улкабазул лидераз. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна гьатIан къоялда Шарм-аш-Шейх шагьаралда тIобитIараб ГIарабазул пачалихъазул саммиталда Мисралъул президент ГIабдель ФатахI ас-Сисица.
Гьесул рагIабазда, цIадахъал рагъул къуватал гIуцIиялда сверун саммиталъ гьабураб хIасилияб лъазаби гьоркьоб лъеялъул мурадалда ГIарабазул пачалихъазул лигаялъул улкабазул вакилзаби данде ракIаризе руго апрелалда.
ГIарабазул пачалихъазул лигаялъул бетIер Набиль аль-ГIарабица лъазабуна, гьел къуватал дандечIезе ругин Ливиялдаги Йеменалдаги ругел радикалиял исламистазул гIуцIабазде, хасго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде данде.
ХIасилияб документалда абулеб буго Йеменалда рагъулаб операция халат бахъинабизе бугин шиитал-хуситазул яргъид гIуцIараз тIолабго капитуляция лъазабизегIанин.
АрбагI къоялда СагIудиязул ГIарабиялъги гьелъул партнеразги байбихьана авиакьабиял щвезаризе Йеменалъул шималияб рахъалда кIудиял территорияби жидерго контролалде гъоркье росарал шиитал-хуситазул яргъид гIуцIарал къокъабазул позициязда.