ГIарабазул пачалихъазул лигаялъул улкабаз гIуцIулел руго цадахъал рагъул къуватал

Мисралъул Шарм аль-Шейх шагьаралда тIобитIулеб буго ГIарабазул пачалихъазул лигаялъул улкабазул кIигокъоялъулаб саммит. ГIахьалал рахъал рачIун руго цадахъал рагъул къуватал гIуцIиялъул къварагIел букIиналъул пикруялде. Гьезул мурад кколеб буго регионалда раккулел хIинкъиязде дандечIей.

Гьединаб хIукмуялде рачIиналъул багьаналъун ккана Йеменалда лъугьа-бахъунеб. 26 марталда СагIудиязул ГIарабиялъ ва Персиялъул лъел квачIалда ругел гьелъул рахъ кколел улкабаз авиакьабиял щвезаруна шиитал-хуситаз ккун ругел кIвар кIудиял объектазда.

Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца сагIудиязул къирал Салманилгун букIараб гара-чIвариялда лъазабуна Вашингтоналъ СагIудиязул ГIарабиялъ ва гьелъул партнераз щвезарулел авиакьабиязул рахъ кколеб букIиналъул хIакъалъулъ.

Цебесеб соналда Ираналъ квербакъи гьабулел шиитазул къокъабаз жиндирго контролалде гъоркье рачана Йеменалъул шималияб рахъалда кIудиял территорияби ва улкаялъул тахшагьар Сана.

Гьаб соналъул байбихьуда шиитал-хуситаз хъулухъалдаса нахъе рехана улкаялъул президент Абд Раббу Мансур Хади. Хади улкаялдаса нахъе ине ккана ва гьев гьанже гIахьаллъулев вуго ГIарабазул пачалихъазул лигаялъул саммиталда.