Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун доклад биччана Еврокомиссиялъ

Европаялъул мадугьаллъиялъул политикаялъулин абураб программаялда гIахьаллъулел улкабазда инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун бугеб ахIвал-хIалалъул бицунеб санайилаб докладалъул презентация гьабуна арбагI къоялда Еврокомиссиялъ.

Украиналда бугеб ахIвал-хIалалда хъван, Еврокомиссиялъ кIвар буссинабулеб буго гьенир демократиял реформаби захIматаб, Россиялъ рахъ кколел сепаратистазулгун унеб рагъалъул фоналда, унел рукIиналде.

Докладалда абулеб буго, инснасул ихтиярал цIуниялъул рахъалдаса ахIвал-хIал 2014 соналда хIалуцанин Россиялъ аннексия гьабураб Крымалдаги, конфликт халат бахъунеб Украиналъул машрикъалъул рахъалдагийин.

Докладалъул автораз хъачIго какулеб буго Азербайджан. Гьениб араб соналда гьеб сфералда ситуация хисун буго квешаб рахъалде.

Гуржиялъ демократиял хиса-басиял халат рахъунел ругин, амма гьенибги гIисинал миллатазул ихтиярал цIуниялъул суалалда проблемаби хутIулел ругин хъвалеб буго докладалда.

Позитивияб къимат кьолеб буго Молдавиялъе. Цебесеб соналда демократиял эркенлъабазул рахъалда лъикIал хиса-басиял ккун ругин, лъазабулеб буго докладалда.