Германиялъул аэробусалъул катастрофа ккараб бакIалде щвана чанго улкаялъул лидерал

Германиялъул Germanwings комапниялъул Airbus A320 бортараб Франциялъул Альпазде щвана Германиялъул канцлер Ангела Меркель, Франциялъул президент Франсуа Оланд, Испаниялъул премьер-министр Мариано Рахой ва Каталониялъул хIукуматалъул бетIер Артуро Мас. Барселонаялдаса Дюссельдорфалде унеб букIараб авиалайнералъул катастрофа ккана талат къоялда.

Гьелъул хIасилалда хвана 150 чи. Гьел кколел руго, Германиялъул, Испаниялъул, Британиялъул, Голландиялъул, Колумбиялъул, Мексикаялъул, Даниялъул, Бельгиялъул, Израилалъул, Австралиялъул, Ираналъул, Венесуэлаялъул ва Цолъарал Штатазул гражданал.