Щай Дагъистаналда хадур-цере банкал къалел ругел?

Россиялъул Центробанкалъ лицензия нахъе босана Дагъистаналъул цойги банкалъухъа. Гьелъие гIиллалъун кканин гьеб банкалъ гIарац тIаде цIакъго дагьаб хайир бачIунедухъ цIунулеб букIин, гьедин гьелъ билълъанхъизабулеб букIанин банкалъе кутакалда хIинкъи цIикIкIараб политикайин багьана бачунеб буго Центробанкалъ.

Бицен гьабулеб банк ккола «Дагэнергобанк». Банказул буголъиялъул рахъалъ Россиялда гьеб букIун буго 419 бакIалда. Гьелдаго цадахъ къана цойги банкги – Москваялъул «Конгресс-Банк». Буголъиялъул рахъалъ гьеб 800 бакIалда букIун буго.

Дагъистаналда къойилго гIадин банкал къалел рукIиналде республикаялъул парламенталъул кIвар буссинабулеб букIана кIиго анкьалъ цебе тIобитIараб Халкъияб Мажлисалъул сессиялдаги. «Справедливая Россия» партиялъул вакил Сергей Акулиничевас бицана Дагъистаналда ахираб заманалда жаниб къанила 15 банк. ХутIун бугила 18. Гьелги къанани, кутакалда бюджеталда хъатIизе бугила гьеб суал – гIадамал хIалтIи гьечIого хутIи гуребги, дагьлъизе бугила банказдасан бюджеталде бачIунеб хайирги.

Гьебго пикру ЭР-ялъе тасдикъ гьабулеб буго экономист Михаил Чернышовасги.

Михаил Чернышов: «Цебе банказ республикаялъул бюджетазе кьолеб хайир цIикIкIараб букIана, росдал магIишаталъ кьолелда дандеккун. Гьанже Дагъистаналъул банказул система биххизабун буго. Гьедин хутIарал гIиси-бикъинал филиалаз жидеего щолеб хайиралдаса процентал ритIула аслиял офисазде. Масала, «Россельхозбанкалъул» хайир Москваялда бугеб БетIераб офисалде уна. Гьенисан бикьула. Гьедин Центробанкалъ тIадецуй гьабулеб букIиналъул хIасилалда Дагъистан махIрумлъулеб буго бюджеталде бачIине рес букIараб чамалиго млн гъурщидаса».

Экономистаз абулеб буго къалелги ругила республикаялъе пайда бугел гIадал банкал. Масала, 24 марталда къараб «Дагэнергобанк» гIезегIан къуватаб банк кколаанила.

Михаил Чернышовас абулеб буго банкал къаялъул иш байбихьанин 20I3 соналда. Гьедин цохIо «Дагэнергобанк» букIанин Дагъистаналъул банказул системаялъ дагьабниги мугъчIвай гьабизе бегьулеб букIараб банк. Гьанже гьелдаги «мугъ берцин гьабизабунин». Амма кинго бичIчIуларин Дагъистаналъул банказда чIвалеб гIайиб Центробанкалъ щай мухIкан гьабуларебани.

Михаил Чернышов: «Мисалалъе, банкалъ къануналда данде кколарел жал гьарулел рукIун ратани, диваналъ къотIараб хIукму щайха бихьизабулареб? Банкалъе хIинкъи цIикIкараб политикаялда хIалтIулеб букIанин гьебилан абулеб батани, раче чIванкъотIарал хIужаби. Жинда тIадал киналго тIалабал нахърахъичIого тIуралеб «Дагэнергобанкгицин» къараб мехалда цо-цо щаклъизе бачIунеб буго. Масала, банкал къаялда хурхун цебегIанго президент Владимир Путиница Центробанкалъул нухмалъулей Эльвира Набиулинада гьикъидал, гьелъухъа абун борчIана гьел къачIелани, жеги квеш ккезе букIанилан.

Щиб квешлъи ккезе букIараб, масала, «Дагэнергобанк» къачого теялдалъун? Гьединлъидал дир хIисабалда, Центробанк унеб буго мекъинухдаса, банказул хIакъалъулъ бахъараб федералияб къануналъул сангицин гьабичIого. Сан гьабулеб гьечIо регионалиял банкал цIуниялъул. Дир хIисабалда, гьеб мекъи буго».

Экспертаз бицухъе, банкал, гIицIго Дагъистаналда гурелги, тIолабго Россиялдаго къалел руго. Амма Дагъистаналда банказул къадар цIикIкIараб букIиналъ, ракIалде кколеб бугила гьел цохIо гьенир гурони къалел гьечIилан.

Шагьараздаса рикIкIад ругел росабалъ, яги МахIачхъала тун батIиял шагьараздагицин банкал яги гьезул филиалал гьечIин абизе бегьула. Гьединлъидал гьениса бахъарал, нухда тIубараб къоги хвезабун цо гьитIинаб къваригIелалъе гIоло жидерго мухъалъул централде, ялъуни шагьаралде щвезегIан рачIине кколел руго гIадамал. Гьедин гIадатиял гIадамазе бугеб къварилъиялъулги сан гьабулеб гьечIин Центробанкалъин рикIкIунеб буго цо-цо экономистаз.

ПалхIасил, Центробанкалъ Дагъистаналъул банкал къазе байбихьана 2013 соналъул риидал. Гьеб мехалда хъулухъалдаса вахъана Дагъистаналда Центробанкалъул вукIарав нухмалъулев Сиражудин Илясов. Цинги Москваялдаса хал гьабулел чагIи рачIине лъугьана республикаялде. Гьеб букIана битIун МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амиров туснахъ гьавураб заман. Москваялъулаз байбихьана республикаялъул банказда хурхун щаклъи загьир гьабизе. Масала, СагIид Амиров вачун ун заманго иналде лицензия нахъе босана МахIачхъалаялъул муниципалияб банкалъухъа.

Гьеб мехалда Центробанкалъ кIвар буссинабулеб букIана «Такъсирияб къагIидаялда щвараб хайир балъго гьабиялдаги, терроризмалъе гIарац биччаялдаги дандечIезелъун» бахъараб федералияб къануналдаса цо-цо пунктазде. Гьединго Центробанкалъул щаклъи бугин улка тун къватIибе гIарацги битIун, МахIачхъалаялъул банкалъ цо ричIчIуларел операциял гьарулел рукIиналда. Гьединго банкалъ гIарац кьолеб букIун бугин къарзалъе, нагагьлъун гьеб тIадбуссинчIони, банкалда гIарацги течIого.

Хадурккун къазе байбихьарал Дагъистаналъул банказеги гьебго гIилла бачине лъугьана Центробанкалъ.