Украиналъе яргъил кумек гьабиялде Цолъарал Штатазул президент Барак Обама ахIулеб резолюция къабул гьабуна Америкаялъул конгрессалъул Вакильзабазул палатаялъ. Документ къабул гьабиялъухъ гьаракъ кьуна 348 къанун бахъулес, данде вукIана – 48.
Документалда абулеб буго «лъиданиги бачIеб, демократияб ва тIегьалеб Украина данде кколин Цолъарал Штатазул интересаздейин.
Резолюциялъул авторал республиканиял Эд Ройсица ва демократ Элиот Энджелица лъазабуна, ярагъ къваригIун бугин Украиналъул халкъ цIуниялъейин. Украиналъул машрикъалъул рахъалда унеб конфликтазул къурбаназул жавабчилъи гьез лъолеб буго Россиялда.