Афгъанистаналда яргъид гIуцIараз чIван вуго 13 чи

Талат къоялъ радал Афгъанистаналъул Вардак провинциялда Кабулалдаса Кандагаралде унеб нухда яргъид гIуцIарал кьвагьдун руго пассажирал раччулеб автобусалдеги кIиго автомобилалдеги. Хун вуго I3 чи, лъукъун вуго кIигояв.

Цолъарал Штатазда вугев Афгъанистаналъул президент Ашраф Гъаница лъазабуна, цебесеб соналъ Афгъанистаналдаса Америкаялъул ва НАТОялъул къуватазул аслияб бутIа нахъе бачаралдаса нахъе, улкаялда тIадекIанцIиял гьоркьор къотIулел гьечIин.

Гъанил пикруялда, хутIарал къуватал Афгъанистаналдаса нахъе рачиналъул суалалда хурхун Цолъарал Штатал тIадеги ургъизе ккола.

20I6 соналда Афгъанистаналдаса хутIарав 9800 рагъулав нахъе вачиналда хурхараб суал кIиябго улкаялъул бутIруз гьоркьоб лъолеб буго 24 марталда ХъахIаб Рукъалда.