Украиналъул парламенталъ ДНРги ЛНРги лъазаруна нухмалъиялъул хасаб режим ругел территориябилъун

Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъул нухмалъулев Владимир Гройсманица гъулбасун буго Донецк ва Луганск областазул цо-цо мухъал оккупациялда гъоркь ругел территориябилъун рикIкIунеб Украиналъул парламенталъул хIукму. Гьеб хIукмуялда рекъон гьел гьениб лъазабулеб буго хасаб жинцаго жиндиего нухмалъи гьабулеб режим. Гьеб хIукму рухIалде бачIунеб буго талаб къоялда.

Гройсманица лъазабун буго, гьел бакIазда нухмалъиялъул хасаб режим хутIизе бугин, регионалдаса къануналде данде кколарел къуватазул рагъулал гIуцIаби ва рагъулаб техника нахъе инегIанин.

Донецкалъул халкъияб республикалъун регион лъазабурал сепаратистаз лъазабуна, гьеб документ кколин дипломатияб провокацияйин. Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковасул пикруялда, гьеб кколеб буго Минскалъул къотIи-къаял тIуразариялъе квал-квал гьабулеб документлъун.