НАТОялъул вакилас ахIулел руго Украиналъе кумек гьабиялде

Магърибалъул улкабаз жиндирго киналго ресал, гьездаго гъорлъ ярагъ чIезабиялъул, хIалтIизаризе ккола, Украиналъе кумек гьабиялъул мурадалда.

Гьедин лъазабуна гьатIан къоялда «Брюсселалъул форум» абураб халкъазда гьоркьосеб конференциялда Европаялда НАТОялъул цолъизарурал къуватазул нухмалъулев Филип Бридлавица.

«Кколищ мун Украиналъе ярагъ кьеялъул рахъ кколев чи?», абун лъураб суалалъе жаваб кьолаго, Бридлавица абуна, нилъеда бихьулеб бугин Украиналде данде дипломатиял, информациялъулал, рагъулал, экономикиял инструментал хIалтIизарулел рукIин. Гьединлъидал жинца рикIкIунин Магърибалъ гьеб киналдего данде жиндирго киналго ресал хIалтIизаризе кколин.

Бридлавил рагIабазда щибниги гьабичIого чIеялъ, рачине бегьулила дестабилизациялде.