Кьолищ кьолораб чу цо магIнаяб кочIохъ жакъа?

21 март дунялалдаго кIодо гьабула поэзиялъул къо хIисабалда. Гьеб къоялъги, тIубараб лъагIалицагоги Дагъистаналда тIоритIизе руго адабияталда хурхарал тадбирал. Кинабха бугеб Дагъистаналъул жакъасеб поэзия? Кьолищ жакъа магIарухъ кьолораб чу цо магIнаяб кочIохъ? Рорхулищ поэтаз унголъунги халкъалъе хIажатал суалал?

Умумуз бицуна магIарухъ кидаго къиматалда букIанин кечI. Гьедин бечедав Хуршил МахIамадеги цогидал гьесда релълъараздеги кечI гьабун толарого кIал букъун букIанин Ругъжаса ГIанхил Маринил. Гьекъолеб жоялда гъорлъе загьруги тIинкIун хвезавунин Эльдарилав. Игьалив гьоболас чIванин ХъахIабросулъа МахIмуд.

Бечедал чагIи какун толарого гIакIаби къотIулаанин ГIумарил Батирайидаги. ГIакIадуй бахъизе рагьда жо хутIичIеб мехалда халкъалъ бакIарулаанин гьесие гIарац. Гьединго кечI ахIичIого чIезе кIолареб бакIалде ккедал, Батирайица гьеб гIартиниб бетIерги къазабун ахIун бугин.

Гьединал мисалал чанги рачине бегьула. Кинабха бугеб Дагъистаналда жакъасеб шигIру?

Гьелъие гьадин жаваб кьолеб буго Казбек мухъалъул Гуниялдаса мугIалим Зарият Базаевалъ.

Зарият Базаева: «ЦIакъ бокьула МухIама АхIмадовасул поэзия. Поэзиялъул бицунеб мехалъ абичIого бегьилищха Расул ХIамзатовасулги ЦIадаса ХIамзатилги? Жакъа нилъгун цадахъ гьечIониги, гьез нилъер миллат бечед гьабун, Дагъистаналъул цIар рагIизабуна».

ЭР: «Дуда кин кколеб, жакъасел поэтаз рорхулел ругищ нилъее къваригIарал темаби?»

Зарият Базаева: «Кинха жаваб кьелеб? ГьечIин абизе кIола дида, щайгурелъул жакъа захIмат буго гIумру гьабизе. ЦIадаса ХIамзатица, Расул ХIамзатовас рорхулел рукIарал гIадал суала гьез рорхулел гьечIо. ЦIикIкIарасел шагIирзаби руго берцин рихьиялъе гIоло, тахбакIида гIодорчIун ругел чагIазда берцин рихьиялъе гIоло хIалтIулел руго гIемерисел шагIирзаби».

Зарият Базаевалъулалдаго релълъараб пикру буго магIарулазул сатирик ГIумахан ГIумахановасулги.

ГIумахан ГIумаханов: «Дица гьитIинаб къоялдасанго цIалулаан тIахьал, хасго магIарул мацIалда рахъарал. Ахираб заманалда дица гьел цIали тун буго. Щайгурелъул доба-аниса гIарацги бакIарун цере ккара-ккарал чагIаз рахъулел руго гьел. Гьезул гIажаибаб гьунар буго гIарац балагьизе. Дица гъираялда цIалулаан цере Расул ХIамзатовасул, ГIадалло ГIалиевасул, МухIамад АхIмадовасул, МухIамад ХIамзаевасул асарал. Амма жакъа къоялда гьавин кодове восизе, цIар чIвазе чи ватулев гьечIо. Къокъго абуни, нилъер поэзиялъулги тIахьал рахъиялъулги иш коммерциялде сверун буго».

Дагъистаналъул жакъасеб поэзиялда гIайиб чIвалел чагIазда жинца абилаанин хъвадарухъабаз щиб хъван бугебали цIализе хIалбихьигицин гьабулеб гьечIин гьезилан жаваб кьуна Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Залму Батировалъ.

Залму Батирова: «КъанагIат гурони гьечIо дир рокьул лирика, гIемерисеб буго гражданияб лирика. Дица борхулареб суалго лъаларо дида – тIабигIат цIуниялдаса байбихьун (ралъад чороклъи), рехун тарал лъималазул, эбел-эмен кIочон тарал лъималазул проблемаялде, бикъулеб бугеб бюджеталде щвезегIан. ВатIан тун аразул темаги дир гьаниб буго. Гьединго дица хъвана къваригIел гьечIелщинал, чияр бакъналги росун, нилъерго умумузул бакънал кIочоне толел рукIиналъул».

ЛъаратIа мухъалдаса гIолохъанав поэт Садрудин Башировас ЭР-ялъе бицана битIараб жо хъванилан жив чIвазехъингицин вукIанилан.

Садрудин Баширов: «Поэзия букIине ккола гIадамазул бугеб унти къватIибе бачунеб жолъун. ГIарац бугелщинал чагIазул, яги хIакимзабазул кIалдиреги балагьун цIар ялъуни орден щвезелъун хъвараб жо – гьеб кечI гуроха. ГIемерисезе дандеги кколаро дица абулеб. Гьелъ дун цо нухалъ чIвазе дагьалъ хутIана. Масала, мунагьал чураяв СагIид-афандица хъвараб жо жакъа къоялъги мажгитазда цIалулеб буго: Ленинил гъосол махIалъ махIцараб дунял. Гъосол цIар бахъизе бегьуларо мажгиталда жаниб: Ленинил букIа, лъил букIа. «Ассалам» газетаги цогидалги тIаделъун рукIана диде. Бегьуларо гьедин хъвазе, лъица хъвараб букIаниги батIалъи щиб, бегьулеб гьечIони?

Жибго жакъасеб поэзиялъул хIисаб гьабуни, дица абила болъон хIежалде ани, добаса тIадбуссун кьегIер бачIунарилан. Гьал цо кIигьумерчагIаз, чакъалаз буго жамгIият хвезабун. Метер коммунистал тIадруссани, тIоцере гьел рекеризе руго гьезул рахъалде. Демократал рачIани, гьезухъе рекеризе руго. ЯхI бугел чагIи гьоркьор хутIулел руго.

Унго-унгояб рокьул кечIги, дида бичIчIухъе, «керен къай, къвал бай» абун гIанта-гIантал жалги хъван гуро гьабизе кколеб. Масала, гIурусазул «Я помню чудное мгновение» босани, Расулил яги МахIмудил «Борхатаб магIарда кIиго гIищкъул тIегь цоцазде щапула, данде щоларо» - гьениб рокьул бицунеб буго, амма гIорхъи бахунеб гьечIо, рацIцIалъи цIунун буго. БагIарлъизе ккараб мухъ гьечIо. ЦIунун буго гIадат, яхI намус».

Хадуб Садрудиница ракIалде щвезабуна «ХIикматаб Дагъистан» абун 2011 соналда къватIибе бачIараб Шамил мухъалдаса магIаруласул тIехь. Доб мехалда республикаялъул тIалъиялда дарги миллаталъул чагIиги рукIун, цин дарги мацIалда биччанила гьес гьеб. Хадуб буссинабунила магIарул мацIалде. КIалъазе рагIи кьедал, жинца авторасда абунила хаду-хадуб биччалеб мехалда тIоцебе дурго мацIалда биччайин тIехь, хадуб буссинабейин дуего бокьараб мацIалде.

Дурго мацI цIуничIони, мун щивин кколев абун суал лъолеб буго Садрудица. Гьединго рагьун жиндирго пикру загьир гьабун букIанин жинца чанго соналъ цебе дол СагIид-афандица хъварал мухъазда тIасанги, амма муридзабазги хъвадарухъабазги жинда рагъ лъазабунила. Щайин абуни гьезда лъалила доб рахъалда кIудияб къуватги бечелъиги букIин.