Украиналъул машрикъалъул рахъалда сепаратистазе квербакъи гьабулеб букIиналда бан Россиялде данде лъазарурал санкциязул букIинесеб хирхинабизе кколин Москваялъ Минскалъул къотIи-къай тIубазабиялдайин, абураб пикруялде вачIун вуго телефоналдаса Украиналъул президент Петр Порошенкогун гара-чIвари гьабулеб мехалда Цолъарал Штатазул вице-президент Джо Байден.
ХъахIаб Рукъалъул лъазабиялда абулеб буго, кIиявго лидер разилъанин Россиялъ Украиналъул машрикъалъул рахъалда зулмуялъе квербакъи гьабулеб бугеб гIанаб заманалда халкъаздагьоркьосеб жамгIият хIадураб букIине кколин, Москваялъул гьединал галабазул багьаби хиралъизариялдейин.