ООНалъ "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялде геноцид гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул яргъид гIуцIаразда гIайиб буго халкъаздагьорокьосеб лъабго тайпаялъул такъсирал гьариялъул. Рагъулал такъсирал, инсанияталде данде такъсирал гьариялъул ва геноцидалъул.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Женеваялда хамиз къоялда бахъараб Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун идараялъул докладалда.

Гьеб хIадур гьабун буго такъсиразул къурбаназул ва нугIзабазул нусгоялдаса цIикIкIун чиясул гьабураб гьикъа-бакъиял кьучIое росун.

Докладалда рихьизарулел руго 2014 соналъул июналдаса 2015 соналъул февралалде щвезегIан периодалда загьирлъарал хIужжаби.

Докладалъул автораз Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул Мажлис ахIулеб буго исламистал жавабчилъиялде гъоркье рачиналъул мурадалда Гаагаялда бугеб Халкъаздагьоркьосеб диваналде хитIаб гьабиялде.

Документалда абулеб буго, «Исламияб пачалихъалъул» яргъид гIуцIараз ГIиракъалъул езидазул жамгIияталда хурхун геноцид тIобитIанин. Гьез чIванин нус-нус езидалин, руччабазе хIал гьабунин, руччабиги ясалги лагълъиялде руссинарунин, лъимал рикъанин ва гьел хIал гьабун исламалде руссинарунин. Автораз гьединго кIвар буссинабулеб буго исламистаз цогидал диниял гIаркьелазул гIадамазде данде гьарурал такъсираздеги.