МугIалимзаби банкоматазде данде

Дагъистаналда цо-цо мугIалимзаби разиял гьечIо гьел моцIрол харж банказул картабазде буссинабизе тIамулел рукIиналдаса. Щайгурелъул росабалъ банкоматалги гьечIого гIарцуда хадур жал тIубараб къоги нухда хвезабун ине кколел ругин мухъазул центраздейин, абун гIарз гьабулеб буго гьез. Гьез гьарулеб буго цебегIадин харж кодобе кьолеб къагIидаялде нахъ руссаян.

МугIалимзабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев, ГIамиродинов МухIамадица абулеб буго гьелги разилъун гурони картаялде рекъон гIарац бачIунеб къагIида гьабуларилан.

2015 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе мугIрузул мухъазда ругел цо-цо росабалъ мугIалимзабазул моцIрол харж банкалъул картазде буссинабизе байбихьун буго Дагъистаналда. Амма щибаб росабалъ гIарац бахъулел банкоматал гьечIолъиялда бан мугIалимзаби кIудияб манзилалъ райцентралде ине кколел руго моцIрол харж босизе. Мисалалъе Хунзахъ мухъалъул ГьоцIалъа ХIасанова ГIайшат цIакъ рази гьечIо гьеб къагIида баккаралдаса. Щибаб нухалъ харж бачIанщинахъе Хунзахъ бугеб банкоматалде ине кколила жийги цогидалги пишацоялги харж босизе гIоло. Цогидал росабалъ ругел гIадамал ине кколел руго, хIатта Хьаргаби бугеб Сбербанкалъул офисалде банкоматалдаса гIарац бахъизе. Гьеб кинабгоги чIалгIун цебе букIараб къагIидаялъ кодобе гIарац кьолеб къагIидаялде нахъруссине бегьуларищан гьикъулеб буго Хунзахъ мухъалдаса мугIалимзабаз.

Гьеб суалгун ниж ана МахIачхъалаялда бугеб Сбербанкалъул офисазул цоялде.

Цебего тIубараб улкаялда кисе-кибего гьабун бугин бокьарав хъулухъчиясул моцIрол харж картаялде бачIунеб къагIида. Гьелъул кIудияб квегIенлъиги бугин гIадамазе. Росабалъ бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьани гьенир хIакъикъаталдаги банкоматалги гьечIого гьел рикIкIадаб манзилалъ гьеб бугеб бакIалде ине кколел руго, гьеб бичIчIулеб жоги буго. Цебе букIараб къагIидаялде нахъруссине гьезие бокьун батани гьениб нижеда бараб жо щибниги гьечIо, гьезул нухмалъулез гьабизе кколин гьелъул тадбирилан бицана «Эркенлъиялъе» Сбербанкалъул хIалтIухъабаз.

Лъай кьеялъул министерлъиялдаса нижее чIванкъотIараб жаваб кьечIо, гьеб суалалъул рахъалъ хIалтIи гьабулел хъулухъчагIи гьечIин жидер идараялдаян абулеб буго гьез.

Дагъистаналъул лъай кьеялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев, ГIамиродинов МухIамадица абулеб буго живгоги разилъун гурони, хIалгьабун цониги пачалихъияв хъулухъчи тIамуларила банказул картаялде гIарац бачIунеб къагIидаялде вачIине.

ГIамиродинов МухIамад: «Жинцаго гIарзаги хъван гьес разилъи кьун гурони чиясул банкалъул счеталде гIарац бачIунаро. Щибаб районалдаса нижеца бакIарулеб буго информация кинаб къагIидаялъ гьениб гIарац кьолеб бугеб, кинаб гIунгутIи бугеб ва гьеб гуреб цогидалъулги. Гьелъул хIакъалъулъ бакIарараб баяналъул анализги гьабун президентасухъе кагъат хъвазе буго».

Хунзахъ мухъалдаго гIадаб хIал Гумбет мухъалдаги бугилан абурал баянал швана «Эркенлъи» радиоялъухъе. Нижеца бухьен гьабуна Гъоркьаинхо росдал мугIалим, СайгидахIмадов ГIабдулатIипица бицана жеги гьеб кагIидаялде рачIун гьечIин жал, амма кватIичIого гьедин гьабизе бугилан бицанин жидер нухмалъулесги

СайгидахIмадов ГIабдулатIип: «ГIемерисел мугIалимзабаз абулеб букIана букIараб хIалалъго тейилан, амма директорас абуна кингоги гьелде рачIинчIого гIезе гьечIин хадурилан, лъаларо…».

ЭР: «Нужее санагIалъи бугиш гьелъул банкалъул картаялде харж бачIунеб къагIида гьабуни?».

ГIабдулатIип СайгидахIмадов: «БукIиниланго кколаро. ХIисаб гьабеха гьеб гIарац босизе гIоло ниж ине ккола Болъихъ бугеб банкомателде щвезегIан. Сон дида дандчIвана полициялда халтIулев дир мадугьалихъа вас, банкоматалде гIарац бахъизе Болъихъе щвезегIанги ун гьениб гIарацги батичIого нахъвуссун вачIинев»

«Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон мугIрузул мухъаздаги банкалъул картаялде гIарац бачIунеб къагIида хIалтIизаби букIине бегьула жалго Сбербанкалъул ялъуни цогидал банказул хасаб мурад, гьел мухъазда ругел жидерго филиалал цIунун хутIизе гIоло. Амма жалго школалъул мугIалимзабазеги цогидал хъулухъчагIазеги цIакъ квал-квал бугеб хиса-баси буго гьеб. Мисалалъе босани, добго Гумбет мухъалъул бищун рикIкIадегIан бугеб Гьарадерихъ росулъа чи банкоматалдаса гIарац бахъизе гIоло вачIине кколев вуго 50 км манзилалъул нухги нахъа тун МелъелтIе. Гьеб гуребги чанги букIонеб буго хIужа банкоматалда гIарац батичIеб мехги, гьедин гIадада къоги хун щибниги хIасилги ккечIого нахъвуссине кколев вуго гьев.