МахIачхъалаялда 8 марталда тIобитIараб динияб мажлисалда Дагъистаналъул рухIияб идараялъул вакильзабаз лъазабуна МахIачхъалаялда базе ракIалда бугеб Россиялдаго бищунго кIудияб мажгиталъул хIакъалъулъ. Гьезулго рагIабазда, гьеб базе буго гIадамаздаса бакIарараб гIарац хIалтIизабун. Гьезул хьулал руго республикаялъул хIукуматалъги мажгит баялъе кумек гьабизе букIиналде.
МахIачхъалаялъул администрациялъ гьеб мурадалда бихьизабун буго ракьалъул 20 гектар. Цого заманалда мажгиталда бажаризе рагIула къабул гьавизе 50 азарго чи.
Россиялда мажгитазул къадаралъул рахъалдаса Дагъистан рагIула тIоцебесеб бакIалда. БукIанищ къварагIел жакъа гIадамазул гIумру тIадеги захIмалъиялъул шартIал цIцIикIкIунеб мехалда, экономикиябгун социалияб сфераялъул талхиялъул тенденция загьирлъулеб мехалда тIадеги гьединаб кIудияб мажгит баялде руссине? Гьединаб суал лъолеб буго интернеталда форумазул гIахьалчагIазул цояз.
Дагъистаналъул тахшагьаралда кIудияб мажгит балеб букIин жиндие ракIалъе гIолеб бугин ва гьеб баялъул планал рижиналда нахъ чIван къотIараб багьанаги бугин лъазабуна нижер программаялъе Шималияб Кавказалъул муфтий ИсмагIил-ХIажи Бердиевас.
ИсмагIил-ХIажи Бердиев: «Совет Союз биххун хадуб тIоцебе МахIачхъалаялда бана Россиялдаго бищунго кIудияб мажгит. Байбихьудасаго доб букIана щуазарго чиясе гIолеб. Хадуб гьенире хьвадулезул къадар цIикIкIана ва мажгит хьибилалда бакI бан гIатIилъизабуна, хадубги гьединабго гали такрар гьабизе ккана.
Гьанже гьелдасанги кIудияб мажгит базе ругел планал, гьеб кколаро гIадамазе бищунго кIудияб мажгит базе бокьун бугин абураб, гьеб ккола гьанжеги гьениб бакI гIолеб гьечIин абураб.
У, Дагъистаналда цIакъ гIемер руго мажгитал, нус-нус ратила. Амма рузман къоялъ гIадамаз какал цадахъ разе ккола».
ЗахIматал заманазде балагьун мажгитал ралел рукIарабанийин, гьел рачIого хутIизе рукIанин рикIкIунеб буго муфтияс.
ИсмагIил-ХIажи Бердиев: «Гьанже захIматаб заман бугин, мажгитал райищ жакъа бищунго къваригIараб жойин, абизе бегьуларо.
Инсанасе тIадегIанасе ракIалъе гIолеб иш гьабизе бокьун батани, гьелъул рахъ кквезе ккола ва кумек гьабизе ккола, къуватги ресалги ругони. ГьечIони, хIалае гIаги рахъине ккола мажгит балеб мехалда. ТIадегIанасе ракIалъе гIолеб иш киданиги хутIуларо жаваб гьечIого.
Иншааллагь, гьеб пуланаб заманалда бан лъугIина ва хьул буго нилъеда гьединаб мажгит бихьиялъул».
МахIачхъалаялда тIадеги цоги мажгит баялдаса зарал букIунарин, гьеб тIолабго Дагъистаналъулго гьумерлъун лъугьине бегьулин рикIкIунеб буго «Дагестанцы» абураб газеталъул бетIерав редактор ГIалисултIан ГъазимахIамадовасги.
Your browser doesn’t support HTML5
Москваялда гIумру гьабулев тохтур ва жамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовасул пикруялда, МахIачхъалаялда рузманалъул какал разе бакIал камиялъул бицен гьабулеб гьечIо. Киналго гIадамал тахшагьаралъул аслияб мажгиталде ине тIадаблъун лъицаниги бихьизабун гьечIин, хасго мажгиталъул сверухълъиялда щибаб рузман къоялъ унго-унгояб хаосги бижинабунин, рикIкIунеб буго гьесги.
СагIидовасулго пикруялда, мажгитазул къадар диналда тIоцебесеб суал гуро, тIоцебесеб суал ккола диналде руссаралин нилъеца рикIкIунезул жанисеб дунялин абулеб жо. Гьезул жанисеб дунял бацIадаб бугини, гьезул хьвада-чIвадиги бацIадаб букIунин, гьечIони, гьеб кколин тIадегIанав гукIкIизе гьабулеб хIалбихьи гIадаб жойин, абулеб буго гьес.
Your browser doesn’t support HTML5
Жакъа нилъер цо-цо гIадамазде балагьун кколеб бугин гьез исламалъул тIалабал рихьдае тIурузарулел ругинин абулеб буго ГIалисултIан ГъазимахIамадовасги.
Your browser doesn’t support HTML5
Политикаялдаги диналдаги, гIадамазул гIумруялъул бокьараб сфераялдаги кIигьумерлъиялъ лъикIалде рачунарин ва диналъул тIалабал рихьдае тIуразарулезе гIологи нилъер жамгIият ккун бугин беццизе бакI гьечIеб хIалалдейин, хIакъаб ислам бугеб бакIалда иманги букIунин абулеб буго СагIидовас.
Your browser doesn’t support HTML5
Пикру халат бахъинабулаго СагIидовас кIвар буссинабулеб буго исламалъ гIайиб гьечIев чи чIвай инсаният чIвай гIадинаб мунагь хIисабалда бихьизабун букIиналде. Довго Борис Немцов дин цIунун чIварав вугин абураб версиязул цояб. Гьеб гьедин батаниги батичIониги бусурман чияс гьев чIван ватани, лъицаха чIезабураб гьев гIайибияв вукIинин суал лъолеб буго ГIабдурашид СагIидовас.
Your browser doesn’t support HTML5