Оппозиционияв политик Борис Немцов чIваялъул гIайиб гIунтIизабулев вугев Дадаев Заурица цIидасан лъазабуна жиндие туснахъалъуб гIакъуба кьолеб бугин. Гьес бицун буго ккун хадуб лъабго сордо-къоялъ квердамаххаз жив батарейкалда вухьун вукIанин ва жинда ток кьабизабулеб букIанин. Гьедин лъазабулеб буго Москваялъул инсанасул ихтияразул рахъалъ тохаллъи гьабиялъул ЖамгIияб комиссиялъул вакил Елена Масюкица. Гьей щун йикIана Дадаевасухъе ва гьебго ишалда сверун «Лефортовоялда» жанир ккун ругел вацал – Анзоргун Шагьид Губашевазухъе. Масюкица бицухъе, Дадаевас гIагаразда гьарулеб буго жиндие адвокат кквейин. Гьелъулго баяназда рекъон, Дадаевасул гIарзал рукIине кколедухъ къалмиде росун рукIун гьечIо туснахъалъул хIалтIухъабаз. Гьелде тIадеги, Немцов чIаялъул цIех-рех гьабулез инсанасул ихтиярал цIунулездаса тIалаб гьабулеб букIун буго цIех-рехалъул изоляторалда гьезда лъараб къватIибе загьир гьабиларин абулеб къагътида гъулбас лъезе, амма гьез инкар гьабун буго.
Немцов чIван вукIана 27 февралалда Москваялда Кремлалда аскIов.