Хаменеица какана Америкаялъул сенатораз жидехъе хъвараб кагъат

Ираналъул рухIияв цевехъан аятолла ГIали Хаменеица какулеб буго Америкаялъул республиканияб партиялъул рахъалдасан сенатораз Ираналъул нухмалъиялде хъван букIараб кагъат.

Хаменеица 12 марталда абуна щибаб нухалда Ираналъул ва дунялалъул анлъго цебетIураб улкаялъул гьоркьорлъаби лъикIлъизе байбихьараб мехалда Америкаялъул хъулухъчагIи «кьварун, къвакIун ва хъачIлъун» лъугьунин. Гьес жеги абун буго Цолъарал Штатал лъалин «гьерсал рицунеб ва хилиплъулеб» улкалъунгийин. Гьедин лъазабулеб буго Ираналъул Mehr абулеб агентлъиялъ.

Ираналъул лидеразухъе рагьараб кагъат хъван букIана 9 марталда Америкалъул 47 сенаторас. Гьелда абулеб букIана Ираналъул атомияб программаялда хурхун гьабураб ва жидее дандекколареб бокьараб хIукму къуваталда хутIизе бугин улкаялъул президентлъун Барак Обама вугеб гIанасеб заманалдайин.

ХъахIаб Рукъалъ гьеб кагъат кьварун какун букIана ва Демократияб партиялъул цониги сенаторас гьелда гъоркь гъулбас лъун букIинчIо.