Москваялъул Басманный диваналъ хIукму гьабуна Борис Немцов чIваялда щаклъи бугев щуго чи кIиго моцIалъ туснахъ гьавизе. Гьел ккола Заур Дадаевги, вацгIалзаби Анзоргун Шагьид Губашевалги, ХIамзат Бахаевгун, Тамерлан Эскерхановги. Гьездехун хурхен букIарав анлъабилев чи хун вуго, жинда хадур низам цIунулел рачIингун кодоб букIараб гранатаги кьвагьун бачIун. Немцов чIваялъе аслияб гIиллалъун низам цIунулез рехсолеб буго МухIамад Аварагасдасан карикатураби рахъараб журналалъул рахъккун Немцов кIалъай.
Заур Дадаевасдеги Анзор Губашевасдеги официалияб куцалда гIунтIизабуна Немцов чIваялъулги изну гьечIого ярагъ бича-хисиялъулги гIайиб. Адвокатазда ракIалда буго гьелда дагIба базе.
Гьединго Дадаев хутIизегIан, цогидал ункъалго мукIурлъулел гьечIо гьеб такъсиралъе.
Заур Дадаевасе лъикIаб къимат кьуна Чачан Республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировас инстаграммалдасан. Жинда Заур Дадаев унго-унгояв патриот хIисабалда лъалаанин. Ахираб анцIго соналъ АхIмад-хIажи Къадировасул цIар лъураб «Север» абураб батальоналда вукIун вуго гьев хъулухъ гьабулев. Диваналъ Дадаев унголъунги гIайибиявлъун рикIкIани, чи чIваялдалъун гьес такъсир гьабун букIине кколинха. Амма Россиялда данде гали лъолев чи гурин Дадаевилан хъвалеб буго Къадиров Рамзаница. Гьесул гIезегIан шапакъаталги ругила.
Диваналда Бахаевасги Губашевасги абун буго жидер сахлъиги лъикI гьечIин, жидеца хьихьизе кколеб анлъ-анлъ лъимерги бугин. Эскерхановасул лъадиги лъимер гьабизе йигила.
Амма Немцов чIваялъе гIилла исламияб экстремизмалда хурхинабулеб букIиналда божулев гьечIо «РПР-Парнас» абураб партиялъул вакил Илья Яшин. Гьеб кколин политикаялда хурхараб такъсирилан абуна гьес «Би-би-си»-ялъе кьураб интервьюялда.
Немцовасул букIанила Россиялъул исламиял радикалазе данде кколареб пикру. Амма «Шарли Эбдоялъул» рахъги ккун гьебги бетIералде босун вукIинчIила гьев, гьес гьелъул хIакъалъулъ цIакъго дагь бицунаанила. Яшинил пикруялда рекъон, жамгIият хIинкъизабизелъун чIварав чи вуго Немцов.
Дагъистаналда гьеб хIужаялда бан кIудияб дагIба яги бицен гьечIо, гIицIго гьоркьо-гьоркьор фейсбукалдасан загьир гьарулел пикраби гурони. Гьелги аслияб куцалда «щиб гьабуниги, ахирги кавказиязде бачIунин гIайибилан» абураб магIнаялъул руго.
МухIамад Аварагасда хурхун карикатураби рахъараб журналалъул рахъккун кIалъаялъ чIван рагIулин Борис Немцов, кибгIагийин гьес гьедин абурабин цIехолеб буго дагъистанияз цоцада.
Цо-цояз цебе рехулеб буго чанго соналъ цебе «Эксперт» журналалъе» Немцовас кьураб интервью. Россиялда демография лъикIлъизабизе Путиница ургъарал тадбираз рачине ругин гIицIго бусурбабаз гIумру гьабулел регионазда халкъ гIемерлъиялде, тIокIаб жоги гьелъул ккезе гьечIин абун букIана гьес. Гьелдалъун улкаялда миллияб баланс букIине гьечIила. Цинги 2007 соналда ««IslamNews» агентлъиялъе баян гьабуна Немцовас гьеб пикру. Лъимер гьабуралъухъ кьолеб 250 азарго гъурщица демография лъикIлъуларин, гьединлъидал гьеб гIарац Россиялда ругел гьекъолдухъабазул хъизаназе гIаракъидул шушби росизе харж гьабулин абураб магIна букIанила гьелъул. Дагъистаналдагун, Чачаналда ва Гъалгъалалъ лъимал гьариялъул иш гьадинги лъикI бугин. Гьединго жиндир лъади татарай йигин, гьелъ гьарурал жиндир лъимал бусурбаби кколелъул, жив исламофоб вукIине кинго рес гьечIин жаваб кьун букIана Немцовас.
Исламалде дандечIараб пикруялъухъ чIвалев вукIаравани, Немцовасдасаги квеш исламалда данде чIарал, цIакъ хъачIго гьелдехун пикру загьир гьабулел политикал чанги ругин Россиялдайин абуна ЭР-ялъе бизнесмен ва жамгIияв хIаракатчи Абакар Абакаровас. ТIадежоялъе Чачаналда рагъ лъугIизабиялъе гъулбасал ракIарулевги вукIанила Борис Немцов.
Абакар Абакаров: «ТIалъиялъе унголъунги гьеб такъсир рагьизе бокьарабани, кIиабилеб къоялъго бихьизабулаан гьелъ видеокамераялъ рахъарал суратал. Кремлялдаса 200 метраялъ гурони рикIкIад гьечIеб бакI буго гьеб. Кутакалда къуватал камераби руго гьенир лъун. Гьединлъидал чIванкъотIун рихьилаан гьенисан гьезул гьурмалги. ТIубараб улкаго тIаделъун ралагьилаан гьел чIвадарухъабиги. Амма жакъа къоялде щвезегIанги гьел камераялъ рахъарал суратал щолел гьечIо. Буго гIицIго цо рикIкIадасанго бахъараб видео. Гьебго жо букIана Гъабардагун Балкариялдаса журналист Тимур Куашев чIвараб мехалдаги. Нальчикалда щибаб хIобода чанго камера бугеб бакIалдаса тIагIун ратана гьеб къоялъ рахъарал суратал.
Немцов чIвай исламияб экстремизмалда бухьинабизе бахъулареб хIаракат гьечIо. Жалго гьел туснахъ гьарурал гIолохъаби гIайибиял ратиларингицин ккола дида. Гьел руго хIажалъи ккани, бокьараб такъсир тIаде босизе разилъулел чагIи. ТIалъиялда ккун букIинчIо гьеб такъсиралъ гьединан ахIи-хIур бахъинабилилан. Гьединлъидал дир хIисабалда, тIалъиялъ халкъалда вихьизавизе ккола унго-унгояв такъсирчи. Гьадал туснахъ гьарурал чагIийин абуни руго бокьараб такъсир тIаде босулел, къваригIани «у, дица чIвана» ян такрар гьабулел гIадамал».
Интернеталда ругел гIадамазул пикру лъазабулеб Россиялда бугеб централъул гьикъа-бакъияздасан бихьулеб буго гьез гара-чIвари гьабурал гIадамазул цIикIкIарасеб бутIаялъ Немцов чIваялъул гIайиб къватIисел пачалихъазул хасал хъулухъазде гьабулеб букIин. Гьеб ккола Россиялда, Америкаялда, Япониялда, Гондурасалда, Казахстаналда ва цогидал улкабазда гIумру гьабулел гIадамалги гIахьаллъун гьабураб цIех-рех.
Гьелда мугъчIвай гьабулеб буго Россиялъул низам цIунулез кьочIое босараб щуго версиялде. Гьениб буго политикаги, исламгун экстремизмги, коммерцияги, Украинаги, рокъоб-къватIиб ккараб дагIба-къецги.
Гьедин гIадамазул 23 проценталъ рикIкIунеб буго Борис Немцов чIваялъе гIайибиял ругин къватIисел пачалихъазул хасал хъулухъал. Гьелъие гIиллаги бугин улкаялда жаниб хIалуцин цIикIкIинабизе къваригIин. Гьединаб пикру рагIула гIумрудул сонал 35-44 ругел гIадамазул.
Цинги кIиабилеб бакIалда буго Немцов Россиялъул низам цIунулезул балъгоял къуватаз чIванин абураб жаваб. Гьес квалквал гьабулеб букIанила Россиялъул жакъасеб тIалъиялъе.
Лъабабилеб бакI кколеб буго Немцов чIваялъул гIайиб Украинаялъул тIалъиялда бугилан рикIкIунезул жавабалъ. Гьикъа-бакъи гьабулев вукIарав щивав анцIабилев чияс абулеб рагIула гьедин. Гьелдалъун Украинаялъул тIалъиялъе къваригIун букIанила жидерго доба гIадаб «Майдан» Россиялдаги гьабизе.
Гьеб цIех-рех гьабулаго россиялъулазги украинаялъулазги цоцазде балеб букIанин хъвалеб буго гьикъа-бакъи гьабураз. Масала, Немцов Украинаялъул тIалъиялъ чIванин абураб жаваб букIанила россиялъулаз кьурал жавабазул кIиабилеб бакIалда (12 процент). Гьединго цIех-рехалда гIахьаллъарал украинаялъулазул 57 проценталъ рикIкIунеб бугила Немцов Россиялъул тIалъиялъ чIванилан.