Путин мукIурлъана Крым кверде босизе буюри кьеялъе

Россиялъул президент Владимир Путиница абуна Украиналъул вукIарав президент Виктор Януковичас хъулухъ тун чанго сагIаталдасан жинца улкаялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъазда лъазабунин Крым кверде босизе кколин.

Пачалихъияб телевидениялдасан бихьизабизе бугеб документалияб фильмалъул, 8 марталда бихьизабураб трейлералда, гьес абулеб буго 2014 соналъул 23 февралалда ахIараб ва хадусеб къоялъул радал сагIат анкьгоялда гурони лъугIичIеб улкаялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъазул хехаб данделъиялда жинца буюри кьунин Янукович хвасар гьавизе. Путиница цебе инкар гьабулеб букIана Крымалде жинца аскарал ритIун рукIиналдаса, амма гьеб трейлералда гьес абулеб буго жинца гьел гьенире ритIун рукIанин.