Киев хIадураб буго сепаратистазулгун диалогалде

Украиналъул нухмалъиялъ лъазабуна сепаратистазул контролалда гъоркь ругел территориязда гьаркьал кьун рищарал Донбассалъул вакилзабазулгун диалогалде жал хIадурал ругин.

Украиналъул къватIисел ишазул министр Вадим Пристайкоца лъазабуна, Киевалъ калъа-басаял тIоритIизе гьечIин «авлахъазул» командирзабазулгунин. Гьесул рагIабазда, диалог букIине бегьула гIицIго регионалъул халкъалъ рахъ ккурал ва хаду-хадуб политикияб процессалда гIахьаллъизе бегьулел гIадамазулгун.

Украиналъул информалатаз лъазабулеб буго, сепаратистазе бокьун бугин жидерго контролалда гъоркь ругел территолриязул социалияб сфераялъе къваригIунеб Украиналъул къануназ бихьизабураб гIарац Киевалъ битIизейин.

Официалияб Киевалъ инкар гьабулеб буго гьениб гIарац кьезе, жидеда кIоларин Киевалъул нухмалъи къабул гьабулареб ва гIарац хвезабиялъул «адрес» лъалареб бакIалде гьеб битIизейинги абун.