75 соналъ цебе Иосиф Сталиница гъулбасана Польшаялъул 20 азарго офицер чIваялъул хIукму

75 соналъ цебе Иосиф Сталиница ВКП(б)ялъул Политбюроялъул цогидал гIахьалчагIазда цадахъ гъулбасана асир гьавурав Польшаялъул 20 азарго офицер чIваялъул хIукму. Гьеб хIужжаялъе хадуб кьуна Катыналъул трагедия абун цIар.

Польшаялъул 22 азаргогIанав гражданав чIвана Смоленскалда аскIоб бугеб Катыналда, Харьковалда, Медноялда, гьел гьединго чIван ратизе бегьула Минскалда аскIобехун бугеб Куропатаздаги. ЧIваразда хурхун гьабичIо я цIех-рех, я диваналъул хIукму. Гьел лъазаруна жал хисуларел Советияб тIалъиялъул тушбабилъун.

Польшаялъ тIалаб гьабулеб букIана чекистаз гьелгущинал гIадамал чIвай геноцидлъун рикIкIин. Амма Россиялъул рагъулаб прокуратураялъ 2004 соналда инкар гьабуна гьелдаса ва жавабчилъи бугел гIадамал тамихIалде гъоркье рачине.