ЦохIо анкьида жаниб Россиялда хIалтIи гьечIого хутIаразул къадар цIикIкIун буго кIиго проценталъ ва тIоцебесеб марталде гьединазул миллион гIанасев чи гIун вуго Россиялда. БицинегIанасеб гьечIеб къадаралда гьел дагьлъун руго Гъалгъаязул республикаялда, Севостополалда ва Крымалда. Бищунго гIемер хIалтIи гьечIел гIадалмал абуни рагIула Ямало-Ненецкиялъул автономияб округалда, Тюменалда ва Бурятиягун, Хакасия республикабазда. ХIасил-калам улкаялъул 81 регионалда лъалаго цIикIкIун буго хIалтIи гьечIого хутIаразул къадар.
«Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабуна гьелъул рахъалъ кинаб ахIвал-хIал бугеб Дагъистаналдаян. ТIоцебесеб январалде ругел баяназда рекъон кинавниги 27 азарго гIанасев чи вугин хIалтIи гьечIого Дагъистаналдаян бицана нижее республикаялъул ЗахIматалъулгун Социалияб цебетIеялъул рахъалъ министерлъиялъ. Доллар эхеде бахине байбихьаралдаса батIаго гьел цIикIкIинчIилан абулеб буго гьез.
Амма МахIачхъалаялъул биржаялда хIалтIи балагьизелъун къватIире рахъарал гIадамазулгун гара-чIвари гьабидал гьез бицана доллар эхеде бахаралдаса 40 проценталъниги чи цIикIкIанин жидер кьеразулъ. Кинавниги лъабнусго гIанасев чи вукIонев ватулин жидер гьанивилан бицаан «Эркенлъиялъе» Хунзахъ мухъалдаса МухIамадица. «Автодор» абураб идараялда проектнияб интситуталда инженерлъун хIалтIулев вукIарав гьев, гьениса дагьаб гурони харж щолеб букIинчIолъиялъ гьанже биржаялде вачIунев вуго щибаб къоялъ хIалтIи балагьун. Гьадин бицунеб буго гьес «Эркенлъиялъе».
МухIамад, хIалтIи балагьулев:«Нилъер республикаялда хIалтIи гьечIого хутIаразул кIудияб къадар буго, цIакъ кIудияб. ХIукуматалъул чиновниказ гьеб дагьаб бугилан маргьаби рицаниги гьеб дагьлъулеб гьечIо цIикIкIун гурони. Мисалалъе цо чи хIалтIуда хьезавизе кIваниги лъабгоял хIалтIи гьечIогун руго. Доллар эехеде бахаралдасаги цIакъго дагьлъана щолеб хIалтIи. Хасало абуни хIалтIи щвезе цIакъго захIмалъула. Риидал гIемерал рукIуна ресал. Гьанир биржаялда чIаразулги гьединаб мехалъ цIакъго кIудияб руккел букIуна. Амма нижее квал-квал гьабулеб буго къватIиса рачIарал мигрантаз. Узбекалин, таджикалин, Китаялдаса рачIаралин - цIун буго гьезул Дагъистан. Гьабулеб хIалтIиги гьез 50 проценталъ гурони гьабуларо, гьелъул даража гIодобегIанаб букIуна».
ЭР: «Абулеб букIана гури доллар эхеде бахаралдаса Россиялда киса-кирего мигрантал жидерго ватIаналде нахъруссунел ругилан, Дагъистаналдаса инчIогойиш гьел жеги ругел?
МухIамад: «Гьезул жаназа аниги гурони гьаниса, жалго чIаго гьел унаро. Гьале жакъаги вихьана цо китаялъулав кивеялиго хIалтIизе унев. Гьедин руго гьел гьанир нижее конкуренцияги гьабун».
Гьел къватIир республикабаздаса рачIарал мигрантазе гIадлу гьабеян кIинусго чияс гъулбас гьабураб кагъатги битIун букIун буго гьез республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасухъе, амма гьелъул хIасил ккун гьечIо. Мисалалъе Чачаназул республикаялда Рамзан Къадировас цониги къватIиса мигрант тун гьечIила жидерго гьенив, жидерго гIадамазе чIезабун бугин хIалтIул бакI, нилъер анибги щайин гьединаб гIадлу гьабизе бегьуларебилан абун гьикъулеб буго биржаялда чIарал дагъистанияз
ЗахIматалдалъун гIадамал хьезарулеб, «Дипломат» абураб, хасаб бетIергьанлъиялъулаб агенствоялъул хважаин, Мажидова Рукъиятица абулеб буго гIаксалда, доллар эхеде бахаралдаса хIалтIи цIехон жиндир гьанире рачIунел гIадамазул къадар дагьлъанилан. Шаийн абуни долларалъул багьаги бахун, хIалтIухъ щолеб мухьги гIемераб щоларилан абураб пикруялъ ккун чIезарурал гIадин ругин гьел ва щиб гьабилебан абун ургъулел хутIун ругин гIадамал. Исана лъабабилеб сон ккола гьелъ жиндирго агенство рагьаралдаса. Амма пачалихъияб хIалтIи цIехон рачIунел гIадамал къабул гьаруларин жиндицаян бицана гьелъ нижер программаялъе.
Рукъият Мажидова: «Пачалихъиял вакансиял дица къабул гьаруларо, щайгурелъул гьединал хъулухъчагIазе хIалтIи балагьизе цIакъго захIмалъула, документал гьарулагоги гIемер замана уна, гьелъ дир кинабгIаги гъира букIунаро гьединазулгун хIалтIи гьабизе. Гьеб гуребги харжги цIакъго дагьаб букIана пачалихъиял идарабазда, гьединлъидал хIалтIи балагьулезулги кIудияб гъира букIунаро гьединал вакансиязул хал гьабизе. Статистика гьабун абуни дир гьанире хIалтIи балагьун рачIунел щибав ункъабилесе хIалтIи щвечIогун хутIуларо. Гьезул цоязда жидедаго батула дандекколеб хъулухъ, цогидазе дицаго балагьула хIалтIи. Киназего дандекколеб хIалтIиги кидаго щоларо, амма гIемерисел хIалтIуда хьезаризе бажарана дица рагьараб агенствоялда».
Экономист Михаил Чернышовас рикIкIунеб буго хIалтIи гьечIогун ругезул къадар жегиги цIикIкIине бегьулилан
Михаил Чернышов: «ГьабсагIаталда нилъеда бихьулеб буго пачалихъиял идарабазда хIалтIул бакIал дагь гьарулел руго, дармил мухъазда бичун унеб жоялдаса щолеб хайир дагьлъулеб буго гьелъул хважаинзабазе, гIадамаз гIарац дагьаб харж гьабулеб буго. Ралел бакIаздаги гьебго хIал буго. Гьез киналго хIалтIул бакIал дагь гьаризе руго. Рес къотIарал гIадамал халтIи балагьизелъун рортанхъизе руго, биржаялда рачIунезул къадарги цIикIкIине буго. Амма заманалдасан гьедин хIалтIи балагьулел рукIарал гIадамаз гьоркьоб къотIизе тIезе буго ва гьелги официалияб куцалда хIалтIи гьечIел гIадамазул сияхIалде росизе руго пачалихъалъ».
Дагъистаналда ТIадегIанаб лъай щваралги гIадамал пачалихъияб хIалтIиги щвечIого гьабсагIат гIемерисел ралел бакIазда хIебтIун ругин абизе бегьула. Гьезул цIикIкIарасеб бутIа уна Москва, Санкт-Петербург, Рязань ва гьел гурел цогидалги шагьаразде ралел бакIазда хIалтIизе.