Украиналъ 1 апрелалда халкъалъе газалъул багьа борхизабулеб буго лабгоялдасаги цIикIкIун нухалъ.
Гьеб тариф актуалияб букIине буго I октябралдаса 30 апрелалде щвезегIан, ай, минаби хинлъизариялъул сезоналда.
Лъазабиязда рекъон, гьединаб хIукму гьабун буго Халкъаздагьоркьосеб валютаялъул фондалъул рекомендациязда рекъон.