Мисралда парламенталъул рищиял марталда тIоритIизе гьечIо

Мисралъул административияб диваналъ хIукму гьабуна марталъул ахиралда тIоритIизе ракIалда рукIарал парламенталъул рищиял гьел конституциялде данде кколел гьечIинги абун нахъе рахъизе.

Мисралъул парламент биххизабун букIана 2012 соналда. Гьелдаса нахъе улкаялда къанунал рахъулеб идара гьечIо. Улкаялъул битIахъеб нухмалъи гьабулеб буго рагъулазул бутIруз.