Москваялда вукъана Борис Немцов

Москваялъул Троекуровасул хабзалалъ вукъана оппозицияв политик Борис Немцов.

Церемониялда гIахьаллъана нус-нус чи.

Гьелда цебе Сахаровасул централда тIобитIана Немцовасулгун къо-мех лъикI гьабиялъул тадбир. Гьелда гIахьаллъана аза-азар чи.

Церемониялда кIалъана Евроцолъиялъул ва Цолъарал Штатазул вакильзаби, «Роснаноялъул» нухмалъиялъул бетIер Анатолий Чубайс, РПР-ПАРНАС партиялъул нухмалъулезул цояв Михаил Касьянов, «Яблоко» партиялъул лидер Григорий Явлинский ва цогидал. Гьезул гIемерисез абуна Немцов хванин Россиялъул букIинеселъухъин.

Гьенив вукIана гьединго Россиялъул хIукуматалъул вице-премьер Аркадий Дворкович ва хIукуматалъул аппараталъул бетIер Сергей Приходько. Тадбиралда гIахьаллъана Немцовасул пишацоял ва гьалмагъзаби, Британиялъул экс-премьер Джон Мейджер.

Украиналъул президент Петр Порошенкоца Немцовасе кьуна Эркенлъиялъул орден. «Фейсбукалда» гьес хъвана Немцов абадиялъго хутIизе вугин Россиялъулги Украиналъулги хIакъав патриот хIисабалдайин.

Борис Немцов чIвана Москваялъул централда бугеб Москворецкалъул кIудияб кьода 27 февралалда. I марталда Россиялъул гIемер шагьаразда тIоритIана Россиялъул оппозициялъул лидерасул рухIалдаса батIи-батIиял акцияби. Москваялда гьединаб маршалда гIахьаллъана 50 азаргоялдаса цIикIкIун чи.