ГIашилтIа школалда цIа гъеялда щаклъи буго

Унсоколо мухъалъул ГIашилтIа росдал школаялда цIа рекIун букIун буго тIоцебесеб матралъул сардилъ. Гьеб радалалде свинабизеги кIун буго. Школалда ургъунго цIа лъун букIиналда щаклъи бугин абулеб буго бакIалъул гIадамаз.

1 марталъ, сардилъ, ГIашилтIа росулъ гIадамал цIа ккун школа бухIулеб бихьун къватIире рахъун руго. Заманалдасан гьенире тIаде щун руго ГIорхъолъа арал ахIвал-хIалазул идараялъул хIалтIухъаби. Рогьалиде,сагIат 6 тIубараб мехалъ цIа свинабизе кIун буго.

ТIубараб школаго бухIун гьечIин, зарал ккун бугил учителазул рукъалъе ва кIиго класс-рукъ бугеб школалъул бутIаялъейин лъазабулеб буго школалъул директор МухIамаднур Назирбеговас. Цониги чиясе зарал ккечIин тIаде жубалеб буго гьес.

Гьеб цIа ккеялъе гIиллалъун токалъул кваразул жагъалъи букIин батизе рес бугин лъазабулеб буго, гьединго рес бугила ургъунго цIа гъун батизеги.

Амма гьеб параялъ росулъ ток букIинчIин ва гьеб цIа ургъунго гъураб букIиналъул хIужаби ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ГIашилтIа росулъа МухIамадов МухIамадица.

МухIамад МухIамадов: « Лъабго бакIалда цIа лъун батана, кIиго бакIалда рекIун батичIо,гьениб тIураб бензинги хъинтIун рехараб спичкабиги ругоан. Цо бакIалда рекIун буго цинги цIа, гуребани тIубараб школа бухIулаан. Гьеб параялъ ток букIинчIо росулъ, гьединлъидал ургъунго цIа гъун буго гьениб, КинабгIаги документация бугеб бакI буго бухIун».

ГIашилтIа росдал школалда цIалулеб буго гIаммаб куцалъ 200 гIанасеб лъимер. БухIараб бакI бугониги школалъул хIалтIулъ гьелъул квекIен ккеларин лъазабулеб буго школалъул нухмалъиялъ.