НАТО боххараб буго гьеб альянсалде гIагарлъизе Тбилисиялъул гъираялдаса

Брюсселалда тIобитIун букIана НАТОгун Гуржиялъул иргадулаб данделъи. Гьелъул гIурхъабалъ НАТОялъул нухмалъиялъ загьир гьабуна Шималияб Атлантикаялъул альянсалде гIагарлъизе бугеб Тбилисиялъул гъираялъул жидеца рахъ кколеб букIиналъул.

Гьаб сон лъугIилалде Гуржиялда рагьизе буго «цоцазда цадахъ ругьунлъиязул центр» ва гьенир тIоритIизе руго рахъазул гьоркьорлъаби щулалъизариялъул мурадалда батIи-батIиял ругьунлъиял.

НАТО-Гуржия комиссия гIуцIун букIана 2008 соналда Жанубияб Гьириялда щуго къоялъул рагъ лъугIарабго. Гьелдаса нахъе НАТОялъулги Гуржиялъулги данделъаби тIоритIулел руго щибаб лъагIалида.