Ираналъе «абадиялъ гьукъун буго атомияб ярагъ гьабизе»

Америкалъул пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна Ираналъе «абадиялъ гьукъун бугин атомияб ярагъ гьабизейин». Вашингтоналда 25 февралалда гьес абулеб букIана Атомияб ярагъ тIибитIизабунгутIиялъул КъотIи Ираналъ тасдикъ гьабиялъ Тегераналъ даимго атомияб яргъидаса инкар гьабизе ккезе бугин. Ираналъ гьеб къотIи къабул гьабун буго, амма гьелъул рихьизариял Тегераналъ цIунун гьечIолъиялъул хIужаби халлъулел руго гьелъул уран баццад гьабиялъул программаялъул гIурхъабалъ. Ираналъ атомияб ярагъ гьабизе хIаракат бахъулеб бугин чанцIулго абурав Израилалъул премьер Биньямин Нетаньяхуе данде кколеб гьечIо Ираналде данде санкциял чучлъизари. Дунялалъул церетIурал улкабаз гьединаб шартI бихьизабулеб буго Тегераналъе гьелъ атомияб ярагъ гьабиялдаса инкар гьабуни. Ираналъ тIадчIей гьабула жидер атомияб программаялъул ракълилаб хасият букIиналда.