Америкаялъ ИГИЛ кьварун какулеб буго

Америкаялъ кьварун какулеб буго «Исламияб пачалихъин» жинда абулеб экстремитияб къукъа Сириялъул ассириял христианаз гIумру гьабулеб росабалъеги кIанцIун гIадамал рикъаралъухъ. 23 февралалъул радал гьениса викъун вукIун вуго руччабигун, лъималгун, херазул анцI-анцI чи.

Сириялъул ассириязул демократияб гIуцIиялъул нухмалъиялдаса Карим Долеца абуна Эркенлъи Радиоялъе Тель-Ормузск абулеб росулъа викъун вугин 13 чи ва Тель-Шамирам абулеб росулъа викъаравлъун рикIкIунев вугин 70-ялдаса 90-ялде щвезегIан чийин.