Гъизилюрт мухъалда КТО лъазабун буго

АрбагI къоялъул радал терроралде данде чIараб низам лъазабун букIана Дагъистаналъул Гъизилюрт мухъалъул ункъо росулъ. Гьел ккола СултIанянгъиюрт, Нечаевка, Кировавул ва Чонтаул росаби. Гьел сверун ккунги росабалъе жанире къватIире риччалел рукIинчIин гIадамалин бицун буго нугIзаз нижер мухбир Алдашева Алисае.

25 февралалъ Терроралде данде чIараб режим лъазабун буго Дагъистаналъул Гъизилюрт мухъалда. КТО лъазабурал Султанянгиюрт ва Нечаевка росабалъе нух къан бугин абулеб буго бакIалъул гIадамаз.

Радал, сагIат 7 тIубаралдаса Султанянгиюрт, Нечаевка, Кировавул, ва Чонтаул росаби сверун ккун руго рагъулаз. Гьенибе бакIарун буго рагъулаб техника. Росабалъ ва сверухълъиялда тIоритIулел ругила хал гьабиял. Гьединал баянал кьолел руго Миллияб терроралда данде чIараб комитеталъ.

24 февралалъул къаси, низамцIунулезухъе щварал баяназда рекъон, Нечаевка росдада гIагар бугеб бакIалда гьенир хал-шал гьабулел рукIарал низамцIунулезда рихьун руго щаклъи ккарал гIадамал. 25 къоялъ радалалдаса тIоритIарал халгьабиязул хIасилалда Султанянгиюрт ва Нечаевка росабазда гIагар бугеб бакIалда тIаде ккун руго ракьулъ бухъун гьабураб баца-хьвараб бакIалде. МухIканал гурел баяназда рекъон, сверун ккун изну гьечIого яргъидгIуцIаразул 5 чи, гьел кколел руго Гъизилюрталъул бандкъокъаялъул изну гьечIого яргъидгIуцIарал.

СагIат 9 тIубаралдаса байхьун рохьал, ахал ругеб рахъалдаса кьвагьи рагIулеб букIанин, амма гьабсагIат сас къотIун бугин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз.

Терроризмалде данде чIараб режим лъазабун бугин росулъ, амма кинабгIаги техника, яги рагъулал жеги росулъе рачIинчIин лъазабулеб буго Чонтаул росулъа АхIмаев Дибирица.

АхIмаев Дибир: « Нечаевка, Чонтаул ва цоги росабазда гьоркьолъиялда бугеб бакIалда унеб буго хасаб операция. Гьеб буго рохьги хьуцIги бугеб бакI. Росулъе кьвагьа-гIанхъи рагIулеб букIун гурого, жибго росулъ сихIкъотIи буго. Рагъулалги рихьичIо. Амма абулеб букIана росулъе нух гьукъун бугин. Жибго росу сверун ккун гьечIо».

Гьеб хасаб операция унеб бакI бугин нухлуда гIагар бугеб бакI ва гIадамазе зарал ккезе рес букIиналъ къан бугин нух ва гьукъун бугин транспорталъе хьвадийин баян гьабулеб буго Нечаевка росулъа Байтемиров Баширица.

Байтемиров Башир: « Гьеб хасаб тадбир тIобитIулеб буго Нечаевка ва Султанянгиюрт росабазул гIорхъода бугеб бакIалда. Гьеб ккола нухда гIагар бугеб бакI. Гьениб киса-кибего кьвагьа-гIанхъи букIиналъ, лъачIого речIчIараб жо щвезе рес бугилан къан буго нух. Жибго росулъ ахIвал-хIал гIодобе биччараб буго. ГьабсагIат гьениб гIодоцин буго, амма лъалеб жо чIваразул щибго гьечIо. Росдада тIад вертолетал сверулел рукIана, гьанже ахIвал-хIал гIодоцун буго».

МухIканал гурел баяназда рекъон, изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кIигоял чIван руго. Цебеккун, гьезие кверде рачIине рес кьун букIанин, амма гьез инкар гьабун бугин ва рагъулаздехун кьвагьун бугин баян гьабулеб буго Миллияб терроралда данде чIараб комитеталъул вакилас.