Израилалда къватIибе загьирлъун буго политикияб цIех-рехалъул идара «Моссадалъул» балъгоял телеграммаязда хъван букIараб. Гьелъул нухмалъиялъ 2012 соналдаса нахъе гIахьал гьабулеб гьечIо улкаялъул премьер-министр Биньямина Нетаньяхул атомияб ярагъ гьабизе гIураб уран Ираналъул бугин абуралда хурхун пикру. Нетаньяхуца абулеб букIун буго Иран атомияб яргъидаса саназул гуреб моцIазул рикIкIалъуда бугин. 2012 соналда гьес Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялда абун букIана Иран атомияб ярагъ гьабиялде гIагарлъулеб бугин. Гьебго заманаялда «Моссадалъул» докладалда кIвар буссинабулеб букIун буго «атомияб ярагъ гьабиялда хурхарал хIалтIаби Ираналъ гьарулел гьечIин».
Гьел балъгоял документал 23 февралалда кьун буго Британиялъул Guardian газетаялъги Катаралъул Al-Jazzeera телеканалалъги.