ОБСЕ: Дебальцевоялда ахIвал-хIал катастрофаялъулаб буго

Дебальцевоялда бугеб ахIвал-хIал «катастрофаялъулаб» бугин лъазабуна шамат къоялъ тIоцебесеб нухалда гьениве щварав ОБСЕялъул вакил Александр Хугица.

Гьесул рагIабазда, шагьаралда гьечIо кванил сурсатал, лъин, газ, дараби ва электроэнергия. Минабазул аслияб къадар биххун руго.

Гьес гьединго абуна, Дебальцевоялда бахъараб бащдаб сагIаталда жаниб жидеда рагIанин нусго гIанаб нухалъ артиллериялдаса гьенисан кьвагьдейин.

Цингигийин абуна гьес, жидее захIматго бугин фронталъул мухъалдаса къуватаб ярагъ нахъе бачун букIин тасдикъ гьабизейин, жидехъе къваригIараб информация гьанжеги щун гьечIин.