Лондоналъ жиндаго ва Евроцолъиялда гIайиб чIвалеб буго Украиналъул кризисалъе шартIал рихьичIого хутIун рукIиналда бан

Евроцолъиялдаги Британиялдаги гIайиб буго Донбассалда кризис багъарилелде Кремлалъул хьвада-чIвадиялъе ЦIакъ мекъаб къимат кьеялда бан. Гьедин абулеб буго Британиялъул парламенталъул Лордазул палатаялъул Евроцолъиялъул ишазда сверун комитеталъул лъазабиялда.

Комитеталъул нухмалъулев Кристофер Тагендхэтил пикруялда, хIакъикъат бихьунгутIи хурхараб буго Лондоналъги Брюсселалъги жидерго аналитикияб хIалтIи щвалде-щун гьабун букIинчIеблъиялда.

Британиялъги Евроцолъиялъ Украиналъул кризис къабул гьабунин макъилъ хьвадулел гIадамаз гIадинин, абулеб буго лъазабиялда. Европаялъул улкабаз Москваялъулгун гьоркьорлъаби халатаб заманалъ гIуцIулел рукIанин Россиялда демократиял хиса-басиял ккезе рукIиналъул анищалгунин.

ХIасилалдаги лъиданиги бажаричIин бихьизе Евроцолъиялъул Украиналъулгун гIагарлъиялъул планазде Москваялъул бугеб рокьукълъиялъул бербалагьиян. Британиялъул буго гьеб хIакъикъаталда хасаб жавабчилъи, I994 соналда Украиналъул территориалияб тIолголъиялъул Будапешталъул меморандум гъулбасараб ункъго улкаялда гъорлъан цояб гьеб букIиналъин, абулеб буго Британиялъул парламенталъул палатаялъул лъазабиялда.