Балахьуниса чи тIагIун вуго

ГIадалав ИсхIакъов

Унсоколо мухъалъул Балахьуниса ГIадалав ИсхIакъов абулев гIолохъанчи тIагIун вуго.

Гьедин бицана ЭР-лъе гьесул гIагарлъиялъ. МагIарзулкъалазе операция гьабизе МахIачхъалаялде ун вукIун вуго гьев. 17 февралалда къотIун буго гьесулгун телефоналъул бухьен. Гьадин бицунеб буго ГIадаласул гIагарай гIадан ПатIиматица.

ПатIимат: «Операция гьабизе МахIачхъалаялде ун вукIарав чи, гриппги щун гьенив хутIун вуго гьев. Сон (I7 февралалда) бакъанида щуго тIубараб мехалдаса нахъе жаваб кьолеб гьечIо гьесул телефоналъ. Анлъго тIубараб мехалда «Одноклассниказда» жанив вукIаниланги абулеб бугоха гьев. Дозухъ (низам цIунулезухъ) букIун батиларищха гьеб».

ЭР: «Щиб ишалъул чи гьев кколев?»

ПатIимат: «Росулъ вукIана гьев, кIудияб ишги букIинчIо гьесул. Каиралда цIалулев вукIана гьев цо заманалда. РекIехъе Къуръанги лъала».

ЭР: «Кида гьев доваса тIадвуссарав?»

ПатIимат: «Цевего вачIана. Гьедин гъоркьисала доваса вачIунеб мехалда посталда ккун вухун, ток кьабизабун букIана гьесда».

Инсанасул ихтиярал цIунулел къанун цIунулезухъа жаваб тIалаб гьабизе лъугьиндал, гьединав чи лъицаниги вачун иналъул баянал гьечIин кирнигиян абун буго гьез. Аслияб куцалда гьедин тIагIарал чагIи низам цIунулез рачун иналда щаклъи ккола инсанасул ихтиярал цIунулезул. Амма низам цIунулел гьелъие мукIурлъуларо.

Гьединго Шамалда рагъ байбихьаралдаса нахъе цIакъго халкквей чIезабун буго гIараб улкабаздаса тIадруссунел дагъистаниязда хадуб.