«МахIачхъалаялъул рохьил магIишат» гIуцIиялъул нухмалъулев хисулев ХIажимурадов Рашид ккун вуго 6 млн. гъурщидаса цIикIкIун ришват босулаго. ХIажимурадовасда тIад ришват босиялда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьун бугин лъазабулеб буго Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ, гьабсагIат гIайиб гIунтIизабулев туснахъ гьавун вугила.
Гьезул баяназда, ХIажимурадовас 6,3 млн. гъурущ тIалаб гьабулеб букIун буго Каспий ралъдал рагIалда цо гектар ракьул 49 соналъул ижараялъ хIалтIизабизе кьуралъухъ. Рекреациялъулал ракьал бетIергьанлъиялде кьезе изну гьечIолъиялъ, бищун кIудияб, гьел ижараялъ кьезе бегьулел болжал кколила 49 сон.
Гьеб тIоцебесеб такъсир гьабиялъул иш гуро кколеб ТIабигIат цIуниялъул прокуратураялъ, Каспий ралъдал рагIалда изну гьечIого бакIал ран рукIиналда ва разе ракьал кьун ратиялда хурхун рагьулеб.
2014 соналъ Юстициялъул министерлъиялъул хIалтIухъабазда хурхун рагьун буго такъсир гьабиялъул иш, гьез ралъдал рагIалалъул 225 га ракьул картабазде босичIого , ургъунго гьоркьоб биччан тун батиялда бан. Избербашалда ва Гъаякент мухъалда гъорлъе кколел ралъдал рагIаллъиялъул гьел ракьал гъанкъараллъун офицалиял кагътазда рихьизарун, ричулел ратун руго. Федералияб цIуна-къаялъул хъулухъалъул баяназда гьелъул хIасилалда 2 млрд. гъурщидаса цIикIкIараб зарал гьабун буго.
Туризм цебе тIезабиялъул бицунеб мехалъ хIакимазда кIочонеб бугила, бищун лъикIал ралъдал рагIалда ругел бакIазда жидер кIалгIаби рукIин, гьеб ахIвал хIал букIаго лъел туризмги кинго цебе тIезе гьечIин Дагъистаналдайин рикIкIунеб буго политолог Къурбанов Ханжаница.
Ханжан Къурбанов: « Ралъдал рагIал, тIубанго гIадин къан буго, къватIиса рачIарал туристазул бицинчIого, жалго Дагъистаниязе хIухь бахъи гьабизецин. 90 соназдаса бахъун, гьарулел минаби, кколел ракьал, гьанже лъагIан гьеб хIалалда букIана. Ралъдал рагIаллъи ккурал чагIи ккола тIоцерего талъиялъул хъулухъчагIи. Гьединлъидал гьез цин тIоцебе жидедасаго байбихьизе ккола ралъдал рагIалъи рагьи гIадамазе, ралъдада хурхараб туризм Дагъистаналъе хIажат батани. Гьеб буго иргадулаб данжерижи, ГIабдулатIиповас абухъе, цебесеб нухмалъиялъ тараб ирс. Советияб заманалдаса хутIарал хIухьбахъиялъул бакIал гурого, батIияб бакI гьечIо жакъа Дагъистаналде рачIарал туристазе. Гьединлъидал, «Лазурный берег» тайпаялъул кутакал бакIал гурого, гIадатияб хIухьбахъизе бакI хIажат буго гIадамазе».
ГIаммаб куцалъ Каспий ралъдал рагIалда 15 км. манзилалда ран ругила кIалгIаби, гьел киналго кколел ругила изну гьечIого ралал, амма кагътал ва документал кколел къагIидаялда цIун рукIиналъ гьезда жо абизе кIоларин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул ТIабигIат цIуниялъул прокуратураялъул нухмалъулев ГIали НурмухIамадовас.
ГIали НурмухIамадов: « Каспий ралъдал рагIалда чанго бакIалда лъехъе нух гьукъун буго, Нижеца гьел изну гьечIого рараллъун кколел бакIал нахъе рахъи тIалаб гьабун лъазариял ритIана, амма гьезул киналгIаги кагътал къануналда рекъон гIуцIун руго. Ралъдал рагIалда киналгIаги тIабигIат цIуниялъул шартIал гьечIого рарал гьел бакIаз кIудияб зарал гьабулеб буго тIабигIаталъе, гьединлъидал нижеца чанго гIарза буго диваналде кьун».
Минаби рай гуребги, кIудияб зарал ралъдал рагIалалъе гьабулила гьенисан ралъдал сали бахъун, къануналда рекъечIел карьерал гьарун ратиялъги. ГIаммаб куцалъ МахIачхъалаялъул рохьил магIишаталъул гIуцIиялъ кьун буго 19 лицензия чабах ва сали бахъулел карьеразе, гьезул киналгIаги къанун хвезаби бугищали халгьаби тIобитIулеб бугила. ЦIех-рех лъугIидал, ХIажимурадовасе 15 сон туснахъ гьавиялъул бихьизабизе рес бугила.